Аслияб гьумералде

Имамасулгун дандчIваял

Имамасулгун дандчIваял

Имамасулгун дандчIваял

Гьал къоязда Буйнакск районалъул ЧIикIаб росдал имам ГIабдуллагь-хIажи Ацаев ва гьебго росулъ вугев «Ас-салам» казияталъул вакил МуртазагIали НурхIажиев, росдал имамасул кумекчи СагIид-хIажи НестIуров щвана кIиябго школалде, больницаялде ва цогидалги росдал идарабазде. Гьезул нухмалъулезулгун ва коллективалъулгун гьабуна дандчIваял, пайдаял кIалъа-басаял. ГIенеккана гьез бицунелъухъ ва дандрана хадубккунисеб цадахъаб хIалтIул планал. Гьеб сапаралъул аслияб мурад букIана бачIунеб соналъе «Ас-салам» казияталъул подписка цIигьаби ва цIикIкIинаби.

«Инсан» фондалъ кумек гьабуна

ЦIумада районалъул Гъоркьа Хъварщини росулъ мина бухIараб ГIабдулаевазул хъизамалъе кумек гьабуна «Инсан» фондалъги. Гьезул минаялда цIа ккун букIана 2011 соналъги. Гьелдаса хадуб цIидасан бараб минаги бухIана гьезул исана. «Эбел-инсуе щолеб пенсия тун батIияб тIаде бачIунеб гIарац гьезул букIинчIо. Гьединлъидал мина цIидасан бай букIана гIезегIан захIматаб иш. Гьезул къварилъиги хIисабалде босун, фондалъ лъазабуна кумек гьабиялъе гIарац бакIарулеб бугин. Гьедин, къокъабго заманалда жаниб бакIарана 350000 гъурущ. Гьезухъе гьеб гIарац кьезеги хIажаталъул цIех-рех гьабизеги ЦIумада районалде ун рукIана фондалъул генералияв директор МухIаммадрасул АхIмадов ва цо-цо хIалтIухъаби», - ян бицана фондалъул пресс-хъулухъалда.

Имамзабазул данделъи тIобитIана

Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалда данделъун рукIана Дагъистаналъул мугIрузул округалда гьоркьобе унел районазул ва росабазул имамзаби. Гьеб тадбир нухда бачана муфтияталъул председатель МухIаммад Майрановас. Гьениб имамзабаз бицана жидецаго гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ ва церечIарал масъалабазул. Муфтияталъул председателас имамзабазул кIвар буссинабуна гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъул мурадалда гьабулеб хIалтIи цIикIкIинабизе ккеялде ва социалиял гьиназдасан цере рахъине кколеблъиялде. Рехсараб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул заместитель МухIаммад Мангуевасги.

Болъихъ районалъул бетIергун дандчIвана

ДРялъул муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил Казим Темирбулатов дандчIвана Болъихъ районалъул бетIер Руслан ХIамзатовгун. Муниципалитеталъул администрациялда тIобитIараб гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIамаевасги. Районалъул бетIерас динияв хIаракатчиясе, муфтияталъул вакиласе баркала кьуна муниципалитеталда гьабулеб бугеб рухIиябгун тарбия кьеялъулаб хIалтIухъ.

Татарстаналда тIобитIана олимпиада

Казаналъул профессионалияб исламияб лъай кьеялъул цIалул идарабазда гьоркьоб тIобитIана исламиял гIелмабазул ва гIараб мацIалъул рахъалъ олимпиада. Гьеб тIобитIиялъе квербакъи гьабуна Россиялъул исламияб институталъ, татаразул Динияб идараялъ ва лъай кьейгун гIелмуялъулги исламияб культураялъулги рахъ кколеб фондалъ. Олимпиадаялда гIахьаллъи гьабуна динияб лъай кьеялъул гIуцIабазул 2-3 курсазда цIалулел студентаз.

Аварагзабазул бицунеб выставка

ГIарабазул Цолъарал Эмиратазда тIолгодунялалъул бусурбабазул лигаялъ тIобитIана аварагзабазул гIумруялъул бицунеб выставка. Гьебги тIобитIана гьанжесел технологиялги хIалтIизарун. Къуръаналда цIарал рехсарал 25 аварагасул гIумруялъул бицунеб буго гьелда. Ва гьеб бихьизабулеб буго гIараб, ингилис, паранг, иврит ва индонезазул мацIазда. Гьенире рачIараз видеохитIабалдасан жидерго пикрабиги загьир гьаризе рес буго гьениб.

Исламияб дунялалъул тахшагьар

Лъай кьеялъул, гIелмуялъул ва культураялъул суалазул рахъалъ исламияб гIуцIиялъ Мароккоялъул тахшагьар Рабат рикIкIана 2022 соналъул исламияб дунялалъул культурияб тахшагьарлъун. Исламияб дунялалъул культурияб тахшагьарлъун тIадеялъул Рабат рикIкIине букIиналъул бицана Мароккоялъул хIукуматалъул гIолилазул, культураялъул ва коммуникациязул министр МухIаммад аль-Магьди Бинсаиги рехсараб гIуцIиялъул генералияв директор Салим ибн МухIаммад аль-Маликги гIахьаллъун тIобитIараб конференциялда. Гьелда рекъон тIадеялъул Рабаталда тIоритIизе руго гIемерал тадбирал.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...