Аслияб гьумералде

Турциялда ругел дагъистаниялгун дандчIвана муфти

Турциялда ругел дагъистаниялгун дандчIвана муфти

Турциялда гIезегIан руго цебе заманалда Дагъистаналдаса гьенире гьижра гьабун аразул наслабазул чагIи. Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясухъе гьоболлъухъ рачIунги рукIана гьезул цо къокъа.

Гьениб гьалбадерица бицана жакъа Турциялда бугеб ахIвал-хIалалъул, дагъистанияз гьеб улкаялъул гIумруялъулъ лъолеб бугеб бутIаялъул ва нилъерго гIамал-хасиятги, адабиятгун маданиятги цIунизе бахъулеб бугеб хIаракаталъул.

Шайих АхIмад-афандица абуна гьитIинаб ватIаналъулгун бухьен букIинги, нилъерго гIамал-хасият цIунизе хIаракат бахъиги, хасго ригьнал гьарулелъул, гьеб бугин цIакъ кIвар бугеб ишилан. Гьелъ цолъизарулин, кир ругониги, дагъистаниял ва цIунулин гIагараб ракьалде рокьиги, цоцазулгун бухьенги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...