Аслияб гьумералде

Миллатазда гьоркьосеб ракълие гIоло

Миллатазда гьоркьосеб ракълие гIоло

Миллатазда гьоркьосеб ракълие гIоло

КIиабилеб ноябралда МахIачхъалаялда, «Гьудуллъиялъул рокъоб», тIобитIана «Миллатазда гьоркьоб ракълие ва разилъиялъе гlоло» абураб конференция. Гьелда гlахьаллъи гьабуна ДРялъул бетlер Сергей Меликовас, муфти, шайих Ахlмад-афанди Гlабдулаевас, жамгIиял хIаракатчагIаз, рухIиял церехъабаз, батIи-батIиял идарабазул вакилзабаз, гIолилаз ва журналистаз.

Аэропорталда ккараб лъугьа-бахъиналъ жамгIияталда гьоркьоб ургъел чIвазабун буго, гьелда тIасан суалалги камуларо. Конференциялъул гIахьалчагIазул рахIат хвезабун букIана, гьеб лъугьа-бахъиналъ миллатазда ва диназда гьоркьоб бугеб ракълие ва разилъиялъе зарал гьабилин абун.

Палестинаялъе кумек гьабизе бокьараз ракълилал акциял дандги бан, законалда рекъон, тIоритIани лъикI букIинин абуна республикаялъул бетIерас. Къварилъиялда ругезе квербакъизе муфтиятгун ва гурхIел-рахIмуялъул фондалгун хIалтIизе бегьилин тIадеги жубана гьес.

ДРялъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевас киназдего хитIаб гьабун абун: «Нуж рукIунге сверухъ бугелъул ургъел гьечIеллъун. Жакъа кколеб бугеб жо нужеда хъинтIизе гьечIин абун ракIалдеги ккоге. Нужерго лъималгун кIалъай. Митингаз лъикIалде рачунаро.

Лъие букIаниги нилъ рикь-рикьизаризе бокьаниги, гьезухъа гьеб бажаризе гьечIо. Щайгурелъул нилъ руго цогояб халкъ, нилъ руго дагъистаниял. Киналго миллатаздехун, тIолалго диназдехун лъикIаб бербалагьиги буго нилъер. Щайгурелъул гьединаб амру гьабун букIана нилъеде МухIаммад аварагас ﷺ. Нилъеца улкаялъул президентасулги рахъ ккола, щайгурелъул, гьес тIолабго дунялалъул бусурбабазул рахъ кколелъул», - ан абуна АхIмад-афандица.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...