Аслияб гьумералде

Бесдалал лъималазе мавлид

Бесдалал лъималазе мавлид

Бесдалал лъималазе мавлид

РабигIул аввал моцIалъул хIурматалда ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандица ва гьесул лъади ГIайна ХIамзатовалъ бесдал лъимал цIалулел школа-интернаталъул цIалдохъабазе гIуцIана мавлид.

Гьеб мажлисалда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат ХIажимурад Малаевас, МахIачхъала шагьаралъул лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулез.

 

 

 

 

 

 

ГI. ХIамзатовалъ баркала загьир гьабуна гьел лъималазул гьабулеб бугеб тIалабалъухъ школа-интернаталъул директор Малик ХIажиевасе ва республикаялъул бетIер Сергей Меликовасде хитIаб гьабуна лъай кьеялъул рехсараб идараялъе квербакъи гьабейин абун.

Гьеб лъикIаб тадбир гIуцIаралъухъ школа-интернаталъул директорас шайих АхIмад-афандие сайгъат гьабуна лъималаз бахъараб Расул ХIамзатовасул сурат. Жидерго рахъалдаса муфтиясул хъизамалъ школа-интернаталъеги кьуна сайгъат.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...