Аслияб гьумералде

Халкъазда гьоркьосеб конференция

Халкъазда гьоркьосеб конференция

ДРялъул муфтиясул кумекчи АхӀмад Надирбегов гӀахьаллъана 3 декабралда Астрахань шагьаралда тӀобитӀараб «КӀудияб бергьенлъиялъулъ ва ВатӀан цӀуниялъулъ бусурбабазул бутӀа: тарихалъул дарсал ва жакъасел масъалаби» абураб халкъазда гьоркьосеб гӀелмиябгун практикияб конференциялда.

Конференциялда гӀахьал-лъана Россиялъул ва мадугьалихъ ругел улкабазул диниял гӀуцӀабазул церехъаби, гӀелмияб жамгӀияталъул вакилзаби, хӀукуматалъул идарабазул нухмалъулел. ГӀахьалчагӀаз гьоркьор лъуна бусурбабазул тарихияб роль, жакъасел масъалаби, миллатазда ва диназда гьоркьосеб цолъи щула гьабиялъул, гӀолилазе лъай кьеялъул масъалаби.

Гьеб тадбиралдаса хадуб къабул гьабуна маданияталъул бухьенал щула гьариялъул ва тарихияб ракӀалдещвей цӀуниялъул рахъалъ гьабулеб хӀалтӀи цебетӀезабиялъул мурадалда цӀидасан тасдикъ гьабураб резолюция.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...