Аслияб гьумералде

ШигIраби хъвалезулгун бох дица бухьунаро

ШигIраби хъвалезулгун бох дица бухьунаро

ШигIраби хъвалезулгун бох дица бухьунаро
ШигIраби хъвалезулгун бох дица бухьунаро,
Дозулгун бахIс гьабизе ресги дир рекъоларо.
Къадада лъолеб гамачI, квартIа кIутIун, къачIала.
КIалзул рагIи къачIалеб къебелъи дозухъ буго.
Къубдулги махщелалъулъ ращадал рукIунаро,
Щивасулъ жинди-жиндир цо-цо хасса букIуна.
Цинги шугIараалги гьездаго релълъун руго,
Гьезулги пикру цIалел цо-цо рахъал рукIуна.
Цинги щибаб жоялъе рекъараб къимат кьола,
Къимат кьолеб мехалда пайда-хайир борцуна.
Хайир дагьаб батани, босулев нахъе къала,
Бичулесул гъийинги учузаблъун лъугьуна.
Инсанас жиндаго лъан холеб загьру кунаро,
ЛъачIого ургьиб ани, лагIизабизе ккола.
ЛагIизабизе чIухIун, эхIединго танани,
Тохлъун ккей гIузру бачун, гIумру хвасарлъуларо.
ГIизраилги вачIиндал бадивго вуссунаро.
Бекун зоб кьунаниги ришватги босуларо.
РухI бахъун гуронани нахъги жив вуссунаро,
Нахъвуссин гьечIеб сапар гьесги бухьине ккола.
Гьанже чIаголъиялде лъилха тIокIаб хьул лъолеб,
ТIадбуссун, бахъун хадуб рухIги бачIунарелъул.
ЧIегIераб лахIду гуреб ватIанги гьанже кисса,
Гьебги – жужахIалъул донкI яги алжаналъул ах.
Алжаналъул ах гIадаб хоб батизе бокьарав
БетIергьан Аллагьасде гIасилъун бегьиларо.
ГIаси-фасикъзабазе букIунеб лъалев чияс
ЛъикIал гIамалаздалъун гIумру тIамизе ккела.
ГIорхъи-рахъ камураб жо кинго букIунарелъул,
Калам-рагIиялъулъги цIуничIого рес гьечIо.
Нафсалъ цIара-цIаралъуб мацI-кIал биччан танани,
ГьацIул бакIалда загьру гьелъ тIейи хIакъаб буго.
Гьедин ишги бугелъул, шагIирзаби, нуж кантIе,
Каламгин рагIиялъулъ гIорхъаби цIунизе лъай.
ЛъикIал чагIи какуге, квешазе къимат кьоге,
Кьер релълъун бихьунилан пахь меседилан ккоге.
Нуж рагIул устарзаби, тохлъизе бегьуларо, –
Турараб цохIо гIечалъ таргьа пасат гьабула,
ФасахIатги магIнаги байталъулъ дагIбадани,
МагIна – аслу бугелъул, фасахIат нахъе рехе.
Нахъа жив пашманлъулел шигIраби хъван пайда щиб?
Пайда цIикIкIараб гурищ даран-базар гьабулеб?
Зайтунгин тиналъул ах гьабизе ресги букIун,
Гоганалъул гъутIби чIей битIараблъун букIинищ?
ШигIраби какаралгин реццарал рукIиналъе
Расуласул хIадисалъ нугIлъи гьабулеб гьечIищ?
Гьаб гIолеллъун ратани, гIолохъанал шагIирал,
ШаргIалъул цIадирабаз цIачIого рагIи тоге.
РахIманас какаразда гъорлъа рахъизарурал,
Расуласги ахIизе асхIабзаби тIамурал,
РечIчIараб чIоралдаса ккаралъур хехго щолел
ШагIирзабазул байтал учузал жалин ккоге!
Аммаха, шагIирзаби, нуж дие цIакъ рокьула,
Рокьулелъул вуго дун нужеде кIалъалевги.
КIал-мацIалъ бицарабги лугбаца гьабурабги, –
Гьелъул жаваб кьечIого рорчIунгутIи кIочонге!
«Чехь, Аллагьас какарал шигIрабазул цIезегIан,
Хьордол цIей лъикI» абураб хIадис ракIалда цIуне,
ХIабибасул кIалдиса бачIараб рагIи-калам
ГIадатияв чиясул хабариланги ккоге.
Халкъалда амро-нагью, Аллагьас малъичIого,
Аварагас гьабичIеб, гьалдеги, воре, кантIе.
Гьава-нафсги щайтIанги ТIагьае мутIигIлъараб,
ЛъикIаб гурони гьезда досде малъизе кIвечIеб.
КIвараб хIалалъ ХIабибгун магIнавияб кавният
Кквезе жигар бахъарав нахъа пашманлъиларо.
ШигIрабиги досие данде кколел хъванани,
Диван гьабулеб къоялъ гьурмада кьабиларо.

ЧIИКIАСА САГIИД-АФАНДИ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...