Аслияб гьумералде

Нигiматалъе шукру кiочонге

Нигiматалъе шукру кiочонге

Харабаз гIемер бицунеб рагIула гьанже гIадаб заман киданиги букIун батиларин абун. Гьез бицунеб жоялде нилъеца гIемерго кIварги кьоларо. БукIун батиларин абун, щибго милат гьабичIого тола. Гьебни цебе заманалда букIараб батилин тола.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

Гьаб заманалда бугеб нигIмат бичIчIизе ккани, щибха гьабизе кколеб? НигIматалгун рахIатал цIикIкIанагIан нилъер дагьабги нахълъулеб буго гIибадаталъул рахъ.

Чорхол сахлъи

Жиндир бугеб сахлъи лъазе бокьарав чи ине бегьула чанго батIияб больницаялде. Гьенир рихьула батIи-батIиял гIузраби ругел, чорхол сакъатI гIемерал, хIатта лага-сан камуралги гIадамал. Цинги балагье жиндихъгоги, гьабе кьун бугеб лъикIаб сахлъиялъул пикру. Гъол унтарал гIадамаздаса кинаб рахъ цебетIураб букIарабали гьадинаб сахлъи кьезе ккани. Дагьавниги кантIулев чиясда рекIелъе бортула гьеб кинабго жоялъул сурат.

Рукъ-бакI ва магIишат

Гьелъул хIакъалъулъ хабар лъазе ваккизе бегьула рахIмат-цIобалъул фондалде, гьабсагIат гьезда гьоркьоб бищунго машгьураб буго «Инсан» абураб муфтияталъул бербалагьиялда гъоркь бугеб фонд. Гьелъул хIалтIухъабаз бицина дуда мискинзабазул бугеб хIал. Жалго бетIергьанаб рукъ гьечIел, рокъоб кинабгIаги санагIат, хинлъи ва цогидалги квегIенлъаби гьечIел гIадамал рихьидал, балагье кинаб хIал жиндир чорхол букIунищали.

Рекъел ва парахатаб гIумру

ГьабсагIаталда гIезегIанго бакIазда унеб буго рагъ, буго кутакалда хIалуцараб хIал. Гьеб бихьизе бокьарав чияс цIех-рех гьабизе рес буго интернеталъул гьиназдасан. Гьеб бихьун хадуб пикру гьабизе бегьула нилъерго гIумруялъул, гIодобе биччараб хIалалъул ва ракълилаб мехалъул.

Муслим Бухарияс бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Нужедасаго гIодовегIан вугесухъ балагье нуж, тIадегIан вугесде балагьуге. Гьедин гьаби рекъарабги буго. Аллагьасул нигIматал гIодорегIаналлъунги рихьуге нужеда», - ян.

Бичасул аварагас нилъеде амру гьабулеб буго кьурал нигIматал хIакъир гьаругеян. Гьелъие гIоло буго нилъедасаго тIадегIан вугесде балагьугеянги абураб.

Щайгурелъул нилъедаса лъикI вугев чи вихьани, ракIалде ккола гьев чи хьихьун вугев лъикIин, дунин абуни гьадин вугин абун. Гьебги ккола бадибчIвай ва нигIматалъе капурлъи. Амма нилъедасаго гIодовегIанасухъ балагьани якъинлъула нилъерго бугеб лъикIаб хIал ва БетIергьанасе шукру гьабиялъе гIиллалъунги гьеб ккола.

Балагьалде ккарав чи вихьараб мехалъ абизе бихьизабураб дугIаги хъвалин.

Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Балагьалде ккарав чи вихьидал гьал рагIаби абурав чиясде гьеб балагь щвеларо:

الحَمْدُ لِلَّهِ الَّذِي عَافَانِي مِمَّا ابْتَلاَكَ بِهِ، وَفَضَّلَنِي عَلَى كَثِيرٍ مِمَّنْ خَلَقَ تَفْضِيلاً

Аллагьас кинабго лъик1абщиналъе кумек гьабеги!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...