Аслияб гьумералде

ТалихIаб хъизан

ТалихIаб хъизан

Нилъер диналъулъ ригьин гьаби буго кутакалда кIудияб, Аварагасги ﷺ жинде ахIараб, жамгIияталъул цIуна-къай цебетIеялъе кумеклъун бугеб шаргIияб нух. Гьеб биххи буго Аллагьас ﷻ хIалал гьарурал ишазулъ бищун Гьесие рихараб, жалго рос-лъадулги кьал лъугьунеб, гIага-божаразулги гьоркьоблъиялъе жагъаллъи ккезабулеб. Рос-лъадуца, кинаб рахъалдасан батаниги, сабабалги хIалтIизарун, хIаракат бахъизе ккола жидерго ригьин цIунизе.

 

Рос-лъадуца цIунизе ре-къарал гIамалаздасан руго:

 

Росасе

- Гьабулеб гIамала-лъулъ Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи, сундулъго сабру цебе ккезаби, ракI-ракIалъулаб дугIа.

- Гьабулелъулъ сахаватлъи бихьизаби, гьебги гIицIго боцIи-мал босулеб мехалда гуреб, кинабго гьабулебщиналъулъ.

- ХIеренго бигьаяб нух цIуни, лъадул гIунгутIаби хъирщунгутIи.

- Бихьизе биччаге хъачIлъи, цIуне тамахлъи, жува-гъуван вукIа.

- Лъадуе рокьулел рагIаби абиялъулъ къарумлъунгутIи.

- Цадахъ заман тIобитIи, махсара гьаби.

 

Лъадуе

- Аллагьас ﷻ хIалал гьабуралъулъ росасе мутIигIайлъун йикIин.

- Рос гьечIеб мехалъ гьесул къартIги рукъ-бакIги цIуни.

- Рос вачIиндал, ахI-вал-хIал бихьун гурони, гIемерал суалал кьун гаргадизавунгутIи.

- Рокъоб гIодобе биччараб ахӀвал-хӀал гӀуцӀи.

- Росасе хIеренайлъун, гьесул рекIел цIайи жинде балеб къагIидалда йикIин.

- Кидаго рос аскIов ву-кIине бокьуге.

 

КIиязего

- Как бай, кIал кквей гIадаб гIибадат-гIамал цадахъ гьаби.

- Гьабулеб иш цоцазда дандбай, кIиязулго пикру халгьаби. Гьабулелъе цоцазе кумек гьаби.

- Цоцаздехун къадруялда ва ритIухълъиялда гIамал гьаби, хасго росас чIужуялдехун.

- РетIа-къай берцин гьаби. Чорхолъ рацIалъи цIуни, хасго гьоркьоблъи гьабилалде цебе.

- Цоял ццим бахъун ругеб мехалда дагьаб заманалъ кIалъачIого тей.

- Рокъоб бугеб рокъоб те, къватIибе гьурщуге. Цогидал гIахьал гьарун гурони тIубалареб сула имамасдасан тIубазе хIалбихье.

- Цоцазул эбел-инсулги, нужеразулго гIадаб къимат гьаби, гьоркьоблъи цIуни.

- ДагIба-рагIигун ратIа-лъичIого, маслахIатаб нух балагьи.

- Лъималазе тарбия кьолелъул, цоцаздехун къимат гьезулъ бижизаби.

Рос-лъадул гIумру буго Аллагь ﷻ разилъиялде нух, гьелъ хIаракат бахъизе ккола щивас цоцазул рахIат хвезабунгутIизе. Щулияб хъизан буго талихIаб гIумруялъе кьучI, ахираталда Алжан щвеялъе сабаб. Мунагьаздасаги цIуне. Гьабулелъулъги тIоцебе жинцаго мисал бихьизабе. Сундулъго ниятги Аллагьасе ﷻ гIоло гьабе.

Аллагьас ﷻ баракат лъеги!

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....