Аслияб гьумералде

Божилъи хвей

Божилъи хвей

Божилъи хвей

Абугьурайратидасан бицана Аварагас абунин: «Божилъи тIагIиндал Къиямасеб къоялъухъ балагьун чIа», - ян. Абугьурайратица гьикъана: «Кин гьеб тIагIунеб, я Бичасул Расул ?», - илан. Аварагас абуна: «Агьлулъун гьечIезде аманат гьабидал Къиямасеб къо тIаде бачIиналъухъ ралагьун чIа», - ян. (Бухари)

ХIузайфатица бицана: «Хирияв Аварагас кIиго хIадис бицана нижее. Гьезул цояб лъугьана, гьанже дун кIиабилеб хIадисалда бицараб лъугьиналъухъ балагьун чIун вуго. Аварагас абуна: «Дин ва божилъи гIадамазул рекIелъ щулалъана. Цинги Къуръан рещтIиндал гьенисан ва аварагасул суннаталдасан лъана гьезда гьеб», - илан. Жеги аварагас r бицана дин ва божилъи гIадамазул рекIелъа бахъизе букIиналъул хIакъалъулъ.

Гьес абуна: «Инсан кьижизе вахиндал диналъул ва божилъиялъул бутIа рекIелъа бахъизе буго.

Гьелъул асар бухIараб ругънада релълъун хутIила. Цинги кьижидал цIидасан дин ва божилъи рекIелъа ине буго. Гъоркь хутIараб жо бухIараб тIурччиялда чIедал хIатIида бахъараб пинкьалъул мисалалда букIина. Дуда бихьулищ тIомода гьеб борхулеб куц ва амма жанисан чIобогояб букIин!? БачIина къо гIадамаз даран гьабулеб, амма гьезулъ жинде божилъи гьабизе бегьулев чи ватизе гьечIо. ГIадамаз абизе буго цо пуланаб тухумалда жинда божизе бегьулев пуланав чи вугилан. РекIелъ бихьунбихьулареб мугьгIанасеб иманцин гьечIев чиясул гIакълуялдаса, вукIавахъиналдаса ва къуваталдаса гIадамал хIайранлъизе руго», - ян.

Хадубги ХIузайфатица бицана: «БукIана заман лъил бугониги даран гьабиялъул щибго ургъел гьечIеб. Жакъайин абуни цо хасал чагIазулгун гурони даран гьабуларо дица», - ян. (Бухари, Муслим)

Бусурбанчиясул бищун кIвар бугел тIабигIатаздасан ккола аманат, ай божилъи, ритIухълъи. Гьелдеги тIаде, аманат ккола муъминчи мунапикъасдаса ватIа вахъулеб хасиятлъун. Гьелъие нугIлъиги гьабула жеги авараглъи кьезегIанго Бичасул Расуласдеги «Аминилан» абулаан, ай божарав, ритIухъав, ракI бацIцIадав абураб магIнаялда. Хирияв аварагас божилъиялде кIвар кьеялде ахIана нилъ. Анас ибн Маликидасан бицана кидаго вагIза гьабулаго Аварагас абулаанин:

«Божилъи гьечIесул иманги гьечIо, рагIи кколаресул динги гьечIо», - ян. (Имам АхIмад)

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...