Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Дун кьарияй йиго

Дир буго 23 сон. Руго кутакалда лъикIал эбел-эменги. Амма дирго гIумру гIадада унеб буго. ГьитIинаб къоялдаса нахъе дун гIемер кванала ва гьелда бан кьаралъула. ЦIайи буго 100 килограмм. Рокъоса къватIие яхъине нечонго йиго дун. ГIумру лъикIаб рахъалде сверизабизе бокьун буго, амма кин гьабилебали лъалеб гьечIо.

Муъминат, МахIачхъала.

ГIалимчиясул жаваб

ТIатIи рекIин ккола къаркъалаялда кьаралъи цIикIкIиналдалъун кколеб унти. Киналго унтабазе гIадин гьелъиеги гьабизе ккола дару. Цо-цо мехалда чи кьаралъизе рес буго цониги унти сабаблъун, амма гIемерисеб мехалда сабаблъун кколеб жо буго гIемер кванай ва вагъа-вачари гьечIеб гIумру. Исламалда рекъон сахлъи ккола Аллагьас нилъее кьураб аманат.

Гьединлъидал тIадаб буго гьеб аманат цIунизе. Хирияв аварагасги абуна: «КIиго нигIмат буго гIадамаз тIаса-масаго толеб: сахлъи ва эркенаб заман», - илан. (Бухари)

Аварагас нилъ ахIулел руго гIумру битIун тIамиялде ва гьес малъана унтаби нахъчIваялъе гIемерал сабабал ва унтидал дару гьабизе кколеблъиги баян гьабуна. Бусурбанчиясул сахлъиялъе кIудияб асар гьабула къойил балеб щуябго какалъги. Какалъ инсанасдаса ургъел тIаса босула ва нервабазул гIуцIиялъеги лъикIаб асар гьабула.

Инсанасул сахлъиялъе кванда барабги гIезегIан цIикIкIун буго. ХIадисазулъ кутакаб кIвар кьола рамазан моцIалъ ва цогидал лъикIал къояз кIалал кквеялде. Кванил адабаздеги кIвар кьезе ккола. Масала, кванда цебе кверал чури, гIедегIичIого кванай, кванда цебе лъим гьекъей ва кваналеб мехалъ ва кванда хадуб гьекъечIого тей, гIемер кваначIого чIей. Аварагасул хIадисги бугелъул кванирукъ лъабиде бикьейин абураб. Цо бутIа квание, цо бутIа лъиналъе, цо бутIа гьаваялъе теян. (Тирмизи)

Цебе бицаралда бан, дуе лъикIаблъун бихьула гIумруялъул рухIияб рахъалде кIвар кьезе. Кьаралъи гIайиблъи кколаро ва кваназе бокьиги мунагь кколаро, гьеб квен хIалалаб батаралдаса нахъе. Кинниги цIакъго гIорхъолъа ун кванай аварагасул суннаталда данде кколаро. Аварагасул суннаталдасан ккола гIорцIилалде нахъе вахъин. ЦIакъго гIемер кванай карагьатаб буго.

Цо къоялъ аварагасухъеги вачIун имгIал ГIаббасица абуна: «Кидаго гьабизе букIине цо дугIа малъе дида», - ян. Аварагас жаваб гьабуна: «Дуца абе: «Я, дир Аллагь, дица гьарула Дуда тIаса лъугьин ва сахлъи», - ян. (Тирмизи) Хвел хутIун дару гьечIеб унтиги ТIадегIанав Аллагьас биччан гьечIелъул, дуца цIакъ хIаракат бахъизе ккола гIумруялъулъ дагьалго хиса-басиял гьаризе. Цо гали дуца гьелде тIамуни, дуда лъалаго гIумру хисизе буго. Аллагьас кумек гьабеги.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

Психологасул жаваб

Нилъер заманалда кьаралъи цIакъ гIемерал чагIазул гIунгутIи буго. Хасго гьелъ рахIат хвезабула гIолохъанал ясазул. Чорхолъ ругел унтабазда бан букIуна гIемерисеб кьаралъи тIаде бачIинги. Амма цIакъго гIемераб бараб буго гIемер кванаялда. ХIаракат бахъизе ккола квен дагь гьабизе. Гьеб дагь гьабиялдаго цадахъ спорталдеги тIаделъизе хIаракат бахъила. Амма цIакъго хехго хиса-басиял лъугьиналда хьул лъоге. ТIоцебесеб 2-3 моцIалъ цIакъ дагьго гурони тIаса килограммал ине гьечIо. Гьеб гьедин букIуна. Заман индал байбихьула хIалакълъизе. Жакъа кванил рахIаталдаса нилъго махIрум гьаруни, метерисеб къоялъ батIияб жоялдалъун талихI босун рохун хутIила.

ГЬУМЕР ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...


Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.   Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ...


Муфтияталъе баркала кьуна

Хасавюрт районалъул бетIерасул ишал тIуралев Багьавудин Мамаевгун дандчIвана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев, муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, рехсараб районалъулгун шагьаралъул волонтеразул централъул нухмалъулев Адам Нажмудинов. Гьез бицана тIабигIияб...


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...


ГIелмиябгун практикияб конференция

«Консолидированные стратегии лечения ожирения. Мультидисциплинарный подход: от хирургии до реабилитации» абураб цIаралда гъоркь МахIачахъалаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул тахшагьаралъул №3 клиникияб больницаялъул...