Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ЧIужабазде руссун руго...

 

Дир руго вацал. Дие гьелги гьезул лъудбиги рокьула, амма дида бихьула цо-цо мехалда дир вацазул лъудби ритIухълъи гьечIого хьвадулел рукIин: гьез гьереси бицуна, гьелдалъун вацал эбел-инсудаса ва дидаса рикIкIалъизе лъугьуна. Гьеб сабаблъун дун цIакъ пашманго йиго. Щайха дир вацаз гьел чIезаруларел, исламалъ бугьтанги гьересиги гьукъун бугиланги абун? Щиб дица гьабизе кколеб, вацаз нижедехун лъикIаб бербалагьи гьабун, жидерго руччабазул кIал къазелъун?

 

ГIайишат, Гъизилюрт район

 

ГIалимчиясул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Я гьал иман лъурал гIадамал! Нужеца нужерго напс цIуне ва нужер агьлу-хъизанги цIуне жужахIалъул цIаялдаса…», - ян. 

Гьаб аяталъ ракIалде щвезабулеб буго щивав чи жиндирго хъизаналъул жавабчилъиялда вукIин: лъадиги лъималги хIакъабщинаб жоялда хадур рилълъине ва мунагьазда гъоркье ккечIого рукIине. Амма, гьелдаго цадахъ, цогидаб аяталда ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Цо напсалъул мунагь цоги напсалда тIад лъоларо. Цо напсалъе гьабизе ккараб гIакъуба-гIазаб цоги напсалъе гьабуларо», - ян. («ал-АнгIам», 164)

Гьелъул магIна ккола, дур вацаз жидерго лъадуе мустахIикъаб нух бихьизабичIони, гьелъухъ мунагь гьезда тIад букIунин аби, дуда тIад гуреб.

Дур пашманлъи тIабигIияб жо ккола: ритIухълъи гьечIолъи бихьараб мехалъ ракI унтула. Амма лъай, Аварагасдацин ﷺ дандчIвана жиндирго гIагарал гIадамал хIакъикъаталъухъ гIенеккичIеб ахIвал-хIал. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесда абуна (магIна): «ХIакълъунго, дуе вокьулев чи дуца нухда вачунаро, Аллагьас Жиндиего бокьарав нухда вачуна», - ян. («ал-Къасас», 56). Гьединлъидал нилъеца нилъедаго тIадаб гьабизе ккола -хIеренго нух малъизе, мисал бихьизабизе, гIагарал чагIазе дугIа гьабизе. Амма хIасил Аллагьасул ﷻ кверщаликь буго.

Аварагас ﷺ абун буго: «ХIеренлъиялъ жиб жаниб бугебщинаб жо берцин гьабула, ва жиб гьечIебщинабги хвезабула», - ян. (Муслим) Гьединлъидал нужерго вацазе яги гьезул руччабазе асар гьабизе бокьани, хIеренаб каламалдалъун гьабе.

ЦIакъ кIвар бугеб жо ккола вацазул адаб-хIурмат цIуни, гьезул гъалатIал рихьаниги. Вацазул адаб гьаби тIадаблъун хутIула, гьел цо кинабалиго рахъалъ мекъи ругониги. Аллагьасе гIоло гьел рокьиялъ дуе кири щвела, гьез жаваб кьечIониги.

Дур пашманаб ракIалъул бицани, гьеб буго хIалбихьи. ГIагарал чагIаздалъун хIалбихьи бищунго захIматаб жо ккола, амма гьелда жаниб сабруялъул кири кIудияб букIуна.

РакI бохизелъун гIемер Аллагьасде ﷻ русса гьадинаб дугIагун: «Я Аллагь, дир ракI къварилъабаздаса бацIцIад гьабе, Дуе гIоло канлъигун рокьиялъ цIезабе. Я Аллагь, дир вацазулги гьезул руччабазулги ракIал ритIизаре ва нижер хъизан хIакъикъаталда тIад щула гьабе». Гьедин ракIбацIцIадго дугIа гьабуни, Аллагьас ﷻ дур ва сверухъ ругезул ракIал хисизарила.

Хъизан ккола муъминчияс лъикIаб гIамал-хасият бихьизабулеб майдан. Чияр гIадамазе лъикIлъи гьабизе бигьаяб жо буго, амма захIмалъула бищунго гIагарал чагIазе лъикIлъи гьабизе, гьез гIакъуба гьабулеб бугониги. Дур сабруялъги хIеренлъиялъги къиямасеб къоялъ дуе нугIлъи гьабила, Аллагьас ﷻ гьелъухъ кири кьечIогоги теларо.

 

Психологасул жаваб

РакI пашманлъичIого букIине, батIа гьабизе лъазе ккола дуда барабги гьезда раралги жал рукIунеблъи. Гьезул хIукму хисизабизе кIоларо, амма бербалагьи хисизабизе бегьула. Рокьи цIуне, амма щибаб лъикIлъиялъухъ баркала щвеялде хьул лъоге.

Дурго ракI бохизабулеб жоялде машгъуллъе: рухIиял гIамалал, эбел-инсуе кумек гьаби, дурго ишал. Гьедин дур гIумру гIицIго вацазул ва гьезул лъудбузул хьвада-чIвадиялда бараб букIине гьечIо. Заманалдасан гьелъ бигьалъи кьела, вацазулгун гьоркьоблъиги лъикIлъила.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...