Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ГIагарай яс ячине бокьун буго васасе

 

Васасе бокьун буго дир яцалъул яс ячине. Гьей лъикIай ясги йиго, амма гIагаразулгун ригьин гьабизе дир ракIалъ къабул гьабулеб жо гуро, хасго яц-вацасул лъималазулгун. Дун хIинкъун йиго гьезул лъимал сакъаталлъун гьарилин абунги. Яц хун хадуб дицаго хьихьарайги йиго гьелъул яс, гьединлъидал, дирго ясалдехун гIадинаб бербалагьиги букIуна гьелдехун. Щиб дица гьабилеб? ЦIакъ парахалъи гьечIого йиго дун.

 

Марьям, Буйнакск

 

ГIалимчиясул жаваб

Исламалда би жубараб ва рахьдал гIагарлъигун ригьин гьабизе гьукъун буго. Ригьин гьабизе бегьулел бищун гIагарал ккола вацгIалзабигун яцгIалзаби. Би жубараб ялъуни рахьдал гIагарлъилъун гьел гьечIониги, гьезда гьоркьоб ригьин гьабиги лъикIаб гьечIо. Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Цебесеб гIагарлъиялъулгун руччабазул нужеца ригьин гьабуге. Гьединаб ригьнал хIасилалда лъимал загIипаллъун лъугьине рес буго», - ян. Гьеб хIадисалда рехсохъе, цебесеб гIагарлъиги вац-яцазул лъимал ккола.

Аварагас ﷺ 1400 соналъ цебе гьабураб калам жакъа гIелмуялъги ритIухъ гьабулеб буго. Генетиказ абулеб буго цебесеб гIагарлъиялъулгун ригьнал гьариялъ наслу загIипаблъун лъугьиналда цIикIкIун хIинкъи букIунин абун.

«ФатхIул мугIин» абураб тIехьалда хъван буго: «РикIкIадасеб гIагарлъиялъулгун ригьин гьабизе лъикIаб буго», - ян

Амма Аллагьасе ﷻ гIоло жал цоцазе рокьарал вацгIал-яцгIалзабаз ригьин гьабиялде дандеги чIезе кколаро. Рес буго гьезул ригьин жеги талихIаблъун букIине.

ГIагарлъиялъулгун ригьин гьабиялъ, масала, цинагIалзабазда гьоркьоб, рикIкIалъулеб бугеб гIагарлъи цIидасан гъункизабула. Цогидаб рахъ босани, ригьин биххиялдалъун гIагарлъиялда гьоркьоб кьал ккеялъул хIинкъиги буго.

Щивасул ихтияр буго жиндиего рекIее гIуразулгун ригьин гьабизе. Амма кIвар бугеб жо ккола диналда нахърилълъун ригьин гьаби.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Психологасул жаваб

Яцалъул яс дурго васасе ячиналъул ургъел гьабиялда жаниб щибго квешлъи гьечIо. Гьей дуца хьихьун йикIун ятани, жеги цIикIкIун ургъелги букIинарищха.

Исламалъ гьединал ригьнал бегьизаруниги, лъикIаб букIина лъимал тохтурзабазухъеги рачун, сахлъиялъул халгьабуни, наслуялъе зарал букIунгутIи якъин гьабизе. Гьелъул хIасилалда бегьила ригьин гьабиялда тIад ургъизеги.

Васасул ургъел гьаби эбел-инсуда тIадаб жо буго. ГIун гьечIин нилъеда кканиги, гьел гIун рукIуна. Дуца хьихьарай ясги, васас ячун хадуб, нуслъунги лъугьина. Яс гIадин хьихьанин абуниги, гьей дуе би жубарай яслъун лъугьунарелъул. Гьединлъидал васасе гьей ячиналъулъ къварилъи букIинаро.

Щивав чиясул къадар ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ гьарилалдего хъван буго. Аллагьасде ﷻ таваккал гьабун тани, гIезегIанго бигьалъила. Ригьин гьабилалде, гьездаги бицани лъикIаб букIина цебесеб гIагарлъиялъулгун ригьин гьабиялъулъ бугеб хIинкъиялъул. Гьелги гьитIинал чагIи гурелъул, жидецаго тIаса бищизе ихтиярги кье ва кинабго лъикI ккагиян дугIаги гьабе.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...