Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо

 

 

Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун букIана гьесухъе ине, амма хIинкъун йиго гьес къабул гьайиларин абун. Щибдай дица гьабилеб?

 

ХI., МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Абу Гьурайратидасан бачIараб хIадисалда буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Аллагьасдаги Къиямасеб къоялдаги иман лъурав чияс гIагарлъиялъулгун бухьен цIуне», - ян.

Гьоркьоблъи цIуни кколаро гIицIго лъикIаб хьвада-чIвадиялде данде лъикIлъи гьаби. ГIагарлъиялъулгун бухьенал цIуни ккола, ахIичIониги, кIвар кьечIониги, тIаде босун тIоцебесеб гали тIами. ГIагарлъиялъ гьесдехун квешаб бербалагьи гьабулеб бугониги яги тIубанго бухьен къотIизабун букIаниги гьес лъикIалдалъун гурони жаваб гьабиларо.

ПалхIасил, вацасухъе зиярат гьабизе ккола. Бищунго лъикIаб букIина росгун яги цоги гIагарав чигун цадахъ ине. Гьединго кумек гьаризе бегьула мажгиталъул имамасдаса яги вацас адаб гьабулев чиясдаса.

КIвар бугеб жо ккола сабру гьабиги. Бегьиларо дагIбадизе, битIарал-тIекъал ралагьизе. Сабурго гIенеккизе ккола вацасухъ, гьесие рес кьезе ккола ракIалда бугебщинаб загьир гьабизе. Гьесда бихьизе ккола нужее гьев вокьулевлъи ва гьоркьоблъи лъикIлъизабизе хIажат букIин.

Гьеб дандчIваялдаса хадуб ургъизе бегьула эбелгун ва цогидал гIагаралгун гьев рекъезавиялъе хIалтIи-иш гьабиялда тIадги.

 

Психологасул жаваб

ТIоцебесеб гали тIамизе хIинкъуге, вацас къабул гьайиларин ракIалде ккун батаниги. Дурго ишаздалъун бихьизабе мун гара-чIвариялъе хIадурай йикIин ва дуе гьоркьоблъи цIунизе бокьун букIин.

ГьебсагIатго гара-чIвари битIун ккечIониги, дур вацасда ракIалда чIола дуца гьабураб жо. Заманалдасан гьелъ гьесул бербалагьи хисизабизеги бегьула.

Гьев кIалъазе разилъани, кIвар бугеб жо ккола гара-чIвари дагIба-рагIиялде сверизабичIого букIин. Гьес бицине бегьула жидерго унтиялъул ва ахIвал-хIал бихьулеб куцалъул. Нужеца гьесие рес кьезе ккола жиндирго пикраби загьир гьаризе ва гьев рагIулев ва вичIчIулев вукIин бихьизабе.

Заманалдасан инсан ругьунлъизе бегьула жив битIарав вугин абураб пикруялде, цинги гьесие бигьалъула щиб букIаниги хисизабиялдаса кинабго букIахъего тезе.

Вацасе дандчIвазе бокьун батичIони, хIалбихьизе бегьула гьоркьохъан-гьудул, лъалев чи, яги гьесул божарав цогидав валагьизе.

Гьединго рес буго дур вацасе гьоркьоблъи лъикIлъизабизе бокьун букIин, амма гара-чIвари байбихьизе лъалеб гьечIого, ахIвал-хIалалдаса хIинкъун ватизе бегьула. Гьединлъидал нужер хIаракат гIадада ккезе гьечIо.

Аслияб жо буго гьев дуе хирияв вац вукIин гьесухъе щвезаби ва хъизамалда жаниб лъикIал гьоркьорлъаби руссинаризе бокьун букIин.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...