Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбел...

 

Дица гIумру гьабулеб буго херай эбелалда цадахъ. Гьелъие бачIунеб пенсия сундуего гIоларо. Кинабго жоялъухъ гIарац дицаго кьола: коммуналиял хъулухъазухъ, квен-тIехалъухъ, тохтурзабазухъе ине ккедал, ретIел-хьиталъухъ. Амма эбелалъе гьеб гIоларо. Гьелъул хьул букIуна кинабго дица гьабураб гIарац гьелъие бокьухъе хIалтIизабизе. Дие гьеб захIмалъулеб буго. Щиб дица гьабилеб?

 

Шамил, МахIачхъала

 

 

 

 

ГIалимчиясул жаваб

Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дица инсанасе васият гьабуна, гьес эбел-инсуе лъикIлъи гьабеян абун. Гьеб лъикIлъи гьабизе цIакъго мустахIикъай йиго эбел. Эбелалъ инсан чохьонив ваччана, щибаб къоялъ жиндир черхги загIиплъулаго, захIмалъиги цIикIкIунаго, гьеб лъимер гьабизегIан…». (Сура «Лукъман», аят 14)

Аллагьас ﷻ тIоцебе бицунеб буго эбел-инсул адаб-хIурматалъулаб бербалагьиялъул, хадуб эбелалъул хасаб ролалъул, лъимералъе гьабулеб хIалтIул ва хъулухъалъул кIваралъул, гьелъул лъикIлъиялъул, лъимадуе гIоло гьелъ баччулеб захIмалъиялъул.

Эбелалда цебе бугеб налъи гIарцудалъун ялъуни кинаб бугониги хIалтIудалъун бецIизе нилъехъа бажаруларо.

Цо къоялъ МугIавиятица, Аварагасухъеги ﷺ вачIун, абуна: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, дие бокьун буго рагъулаб сапаралъ вахъине. Дун вачIун вуго дуда гьелъул хIакъалъулъ дандбазе», - ян. Аварагас ﷺ гьикъана: «Дур эбел йигищ?» - абун. Гьес жаваб кьуна: «Йиго», - ян. Цинги Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Дуца гьелъул ургъел гьабе, гьелъул хIатIазда гъоркь алжан бугелъул», - ян (ан-Насаи).

Цо къоялъ ГIумар-асхIабасул васасда, эбелги яччун, КагIбаялда тIаваф гьабулев чи вихьана. АскIовеги вачIун гьев чияс ибну ГIумарида абуна: «Хорасаналдаса вахъарав эбелги мугъзада яччун гIумра гьабизелъун дун вачIана. Гьелъ дие гьабураб жо дица гьелъие нахъе бецIиялъе жого гьабунадай дица?» - ян. Ибн ГIумарица жаваб кьуна: «ГьабичIо, дуца гьелъие лъимер гьабиялъул унтул цо лахIзатцин бецIичIо. Кинниги дуца беццараб иш гьабуна. Аллагьас ﷻ бищунго гьитIинаб гIамалалъухъцин кIудияб кири кьезе бегьула», - ян.

Гьединлъидал, щиб кканиги, сабру гьабе. Эбелалъулгун лъикIаб гьоркьоблъи цIуне. Херлъараб мехалъ эбел-эмен гьитIинал лъимал гIадин лъугьуна. Гьез суалал кьезе ва ургъел гьечIел жалазул цIехезе бегьула. Гьезул мурадал тIуразеги разилъи тIалаб гьабизеги хIаракат бахъизе ккола. Щайгурелъул гьеб буго Аллагьасул алжаналде битIахъе нух рагьулеб пиша.

 

Психологасул жаваб

Гьаниб кинаб букIаниги чIванкъотIараб малъа-хъвай гьабизе захIматго букIуна, ахIвал-хIал гIемер гIадатияб букIиналъ. Бищунго асар бугеб хIалбихьи ккола гьеб ишкалалде сверизабичIого тей.

Кинабго дудаго тIад цIаге яги эбелалда мун кIудияйлъун йиихьуларин ракIалде ккоге. Гьелъул тIалаб-агъаз гьабизе бугеб гъира букIине бегьула гIадаталъул, инсанасул хасияталъул яги ургъел цIикIкIиналъул хIасил. Кинабго мухъилъан букIине бокьулел гIадамазул гьеб гIадатияб жо ккола.

Ццим бахъинчIого къабул гьаби кIвар бугеб жо ккола. Щайгурелъул разилъи гьечIолъиялъ гьелъул тIалаб-агъаз гьабизе бугеб гъира цIикIкIун гурони дагьлъизе гьечIо. Гьелда ракIалде ккезе рес буго мун цо жо бахчулей йигин абун. Гьединлъидал эбелалъе берцинаб хабар бице, мун гьитIинай мехалъ кин гьелъ берцинаб калам дудехун гьабулеб букIарабали ракIалде щвезабун дуцаги гьелъие бокьараб гьабе.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...