Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?

 

 

Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?

 

ГIали, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Бокьараб унтиялъ инсанасул рекIелъ ва рухIияб хIалалда лъалкI тола. Жив лъиданиги ракIалдего щолев гьечIин абурал пикраби гьарула. Гьелъул хIасилалда пашмангоги вукIуна.

Кинаб гурхIел-рахIмуха ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб муъминчиясе, лъугьунебщинаб жо БетIергьанас цебеккунго хъван букIин бичIчIарав чиясе. Гьеб ккола гьес сабруялда хIехьезе кколеб хIалбихьи, щайгурелъул хьул букIунелъулха мунагьал чуризе ва Аллагь ﷻ тIаса лъугьине ватилин абураб.

Нилъеда бичIчIизе ккола нилъ махсараде кколеб гьаб гIумру хIакъикъаталдаги тIаса унеб, заманалъулаб лахIзат букIин.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго: «Гьаб дунялалъул чIаголъи гьечIо гIададисеб махсара-хочI гIадаб жо гурони. ХIакъикъияб чIаголъи буго ахираталъул рукъ. Жиб тIаса унареб, абадияб бугелъулха гьеб ахираталъул рукъ. Гьаб амру гьадин букIин гIадамазда лъалеб букIарабани ва гьеб бичIчIулеб букIарабани, гьез хIакъираб дунял тIаса бищизе ва абадияб ахират кIочон тезе букIинчIо». (Сура «Ал-ГIанкабут», аят 64)

Гьединлъидал щивав муъминчиясда бичIчIизе ккола гIумруялда жаниб кинабго жо тIабигIияб букIин: радал камилго сах-саламатго рахъине бегьула, къасиялде унтизе ва сакъатлъизе рес буго. Ва гьелъулъги кIудияб хIикмат букIуна.

Аварагас ﷺ абуна: «Кинаб хIикматаб хIал бугеб муъминчиясул, хIакълъунго, гьесие сундулъго лъикIлъи буго, муъминчиясе гурони, цонигиясе гьелда релълъараб жо кьоларо. Цо жоялъ гьев вохизавулев вугони, гьес Аллагьасе щукру гьабула, гьелъулъги гьесие лъикIлъи букIуна, квешаб жо тIаде бачIун сабру гьабуни, гьелъулъги лъикIлъи букIуна». (Муслим)

Гьесие кумек гьабе, гьесда аскIой йикIа. КIвар бугеб жо ккола Аллагьасдаса хIинкъулел, рухIияб рахъалъ церетIурал, БетIергьанасулгун бухьен гьабизе кумек гьабулел ва жиндирго ахIвал-хIал бичIчIулел гIадамазул гьудуллъиялда гьев вукIин.

 

Психологасул жаваб

ЛъикIаб букIинаан дур вац психологасухъе яги неврологасухъе вачани. Киназдаго гуро бажарулеб жидерго хIалуцараб хIинкъи ва ургъел тIаса инабизе. Сипат-сураталдасан балагьани, гьеб ккола жиндирго сахлъиялъул гIорхъолъа араб ургъелалъ ва хвалдаса хIинкъиялъ лъугьинабураб хIал. Цо-цоязул гьеб хIал загьирлъула паническиял атакаби хIисабалда. Гьеб хIинкъи бугел жо гьечIониги, гьел къабул гьабиялъ кIудияб асар гьабизе бегьула инсанасул гIаммаб хIалалъе.

ТIоцебесеб иргаялда, кIвар бугеб жо ккола гьеб хIалалда тIасан баянал интернеталдасан ралагьулеб гIадат хвезаби. Гьелъ гIемерисеб мехалда гIицIго рахIатхвей цIикIкIинабиялде ва цIиял хIинкъиял раккиялде рачуна. ГIадамазда ракIалде ккезе байбихьула гьоркьоса къотIичIого цIиял унтаби лъугьунел ругин ва тохтурзабазда гьеб лъалеб гьечIин абун.

ХIинкъи бачIараб мехалда кIвар бугеб жо ккола гьелда данде къеркьей гуреб, гьеб парахатго баччизе хIаракат бахъи, рекIее гIолеб ва лъалеб жоялде ракI буссинаби: бокьулеб киноялде, гIагарал гIадамазда цадахъ заман бай яги хъизамгун чай гьекъей. Гьединал гьужумал зарал гьечIел жал рукIин бичIчIизе байбихьидал, дагь-дагьккун гьезул хIалуцин лъугIула ва унтиги тIаса уна.

Узухъда, щибаб ахIвал-хIал хасаб букIуна, гьединал хIалбихьиязулъ бахчизе бегьула жанисеб гъваридаб хIинкъи яги рагIалде рахъинчIел суалал. Гьединлъидал гьединаб хIалалда махщел бугев тохтурасул кумек тIалаб гьаби бищунго лъикIаб хIалбихьилъун букIине бегьула.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...