Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Психологасул кумек хIажат буго...

Росас психологасухъе йиччалей гьечIо дун. Мехмехалъ гIажаибаб пашманлъиялъ, ургъалабаз кодое йосула дун. БитIахъе гIодизе бачIуна. Росасда гьеб бихьула, ццим бахъун лъугьуна ва диде вагъула. Гьес абула щиб къварилъи бугебилан. Дуе Аллагьас кинабго кьун бугин. Мун гогьдарилей йигин абун. Къварилъи батани, мажгиталде имамасухъе айин, гIалимчиясда гьикъейин, Къуръаналъухъ гIенеккейин. Гьеб мехалъ дуе бигьалъулин абун. Психологал иман гьечIел гIадамазе къваригIарал чагIи ругин кIалъала. Дие кумек гьабе, щиб дица гьабилеб!?

ПатIимат, Каспийск

ГIалимчиясул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас инсан вижун вугелъулха гъалатIал кколевлъун. Гьединал нилъгоги рукIаго, цогидаздаса кинабго жоялъулъ гIунгутIаби гьечIеллъун рукIин тIалаб гьаби битIараб гьечIо. Аварагасул асхIабзабазул гIумруялъул халгьабидалги, нилъее баянлъула рос-лъадуда гьоркьоб кидаго гуреб кинабго лъикI букIараб. Амма жакъа гIадин, цо гьитIинаб жо сабаблъун хъизам биххулеллъун цере рукIарал руччаби рукIаралани, жакъа къоялде щвезегIан исламияб уммат гьадин цIикIкIине букIун батиларо.

Бусурбабазул гIумруялда жаниб психолог къваригIиналда тIасан гIемер ккола ишкалал. Цояз абула, кумек гьабулев ТIадегIанав Аллагьги вукIаго, иман лъурав чиясе психолог щай хIажат вугевилан. Гьайгьай, ТIадегIанас нилъ рижун руго цоцаде хIажаталлъун. Унтарав тохтурасухъе уна, лъай щвезе бокьарас учитель ккола, спортсменлъун вахъине бокьарас тренер валагьула. Исламалъ кидаго беццула гьоркьохъеб хIал.

Психологасул кумекалде хIажалъи ккедал, гьесухъе иналъулъ, щибго къварилъиги букIинаро ва амма гьечIеб бакIалдаса тIаде пашманлъабиги цIан, къойил психологазухъе инги битIараб букIинаро. Чанги къварилъи букIуна, нилъедаго лъачIого, шаргIалъ тIад къарал ва лъикIаллъун рихьизарурал жал теялдалъун тIаде рачIунел. Масала, гIалимзабаз чIезабуна паризаяб как баларел чагIазул, балезда дандеккун, гIезегIанго ургъалаби цIикIкIун рукIунеблъи

Хириясул хIадисалда буго:

«Нужеца цоцазе сайгъатал кье, нуж цоцазе рокьила»,

Цоцазда гьоркьоб рокьи цIикIкIиндал, Аллагьасул кумекалдалъун, къварилъабигун ургъелаби тIаса ина. Аллагьасда гIемер гьаре росасул рекIелъе дудехун рокьи ва гурхIел цIикIкIинабеян. Аллагьас тIадкъарал парзалги мухIканго тIурай, аварагасул r суннаталдаги хIалкIун тIадчIей гьабе. РахIму-цIоб гIатIидав Аллагьас бигьа гьабила.

ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...