Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Ячуней гьечIо

 

Дун абуралдаса гьале лъагIел сверулеб буго. Амма бертадул хабарго гьечIо. Абурав васги лъеберилъе вахун вуго. Цо гьитIинаб рокъов, эбелалда цадахъ, гIумру гьабун вуго гьев. Квартира кквезе гIарац гьечIинги абулеб буго гьез. Гьеб суал кинго тIубалеб гьечIо. Живго гIодове виччарав, нечарав чиги вуго гьев. Цо-цо мехалда дида ккола гьесие яс гьаризецин къваригIун букIинчIин, гIагарлъиялъ толарого гьабураб ригьин батизе бегьулин абун. БитIараб бицани, чIалгIун буго. Щиб гьабилебалиги лъаларо.

 

Шамай, Гъизляр

 

ГIалимчиясул жаваб

Ригьин гьабулелъул ункъо жоялъухъ балагьула: бечелъи, насаб, берцинлъи ва дин. Амма хъизамалда баракат букIине бокьани, бищун цебе халгьабизе ккола диналъухъ. Аллагьасукьа хIинкъулевги ватани, шаргIалъ тIадкъарал парзалги тIуралел ругони, гьединав чи хъизамалдехунги жавабиявлъун вукIуна. Цере рехсарал хутIарал хаслъабазухъги балагьизе ккола.

КIиябго рахъалъухъ гIенеккун гурони дур суалалъеги битIараб жаваб кьезе кIоларо. Амма бертин нахъбахъиялъе щиб гIилла бугебали лъазабизе ккела. Гьел киналго суалазе жавабал дуца гуреб, дур инсуца, вацас, ай гIагарлъиялъ тIалаб гьаризе ккола. Рукъ букIунгутIи ригьин биххизе кколел жалаздасан гьечIо. Гьединлъидал дуе лъикIаб букIина сабруялда йикIине. Соналдаса цIикIкIун мех баралги руго гIадамал ва хадуб гIезегIан лъикIаб хъизан лъугьарал. Ригьин биххизе ракIалде кканиги, нилъер ихтияр букIунаро гIунгутIаби къватIир чIвазаризе.

Дур зигарди бичIчIула. Абун гIемераб мехалъ тезе лъикIаб гьечIо. Яс абун йигебгIан мехалъ, цогидазул ихтияр букIунарелъул гьей гьаризе ячIине. Ибну ГIумаридасан бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Цоцазул даран хвезабуге. Диналъул вацас гьарун йигей ясалъухъеги нужер цонигияв унге, гьес изну кьун батани гурони», - ян. (Муслим)

 

Психологасул жаваб

КигIан гIажаибго рагIаниги цо-цо мехалъ кIиго квешлъиялдаса зарал дагьаб тIаса бищизе ккола. Бищун захIматаб букIуна гIемерал вакъигIатал гъорлъ бугеб масъалаялъулъ битIараб нух тIаса бищизе. Цо рахъалдасан абун йикIиналъ ракIалде ккола кватIичIого ячинин, цогидаб рахъалдаса ракIалде ккола ячинего йигедайха абун. ГIадада гуро абулеб, инсанасе цо жо гьабизе бокьидал гьес сабабал ралагьула, гьабизе бокьун гьечIеб мехалъ - багьанаби ратулаян. Гьебго хIал дур абурасулги батизе бегьула. Кинниги гьесухъ гIенеккичIого кинабго хIакъикъат лъаларо. Амма дур рагIабазда божани, гьес щибго жигарчилъи гьабулеб гьечIо хъизан гIуцIизе. Гьебги мекъи буго.

Лъиениги бокьун гьечIо жавабчилъи тIаде босизе. Дуе бигьаяб букIина гьеб суал чIахIиязде борхани. Бищун лъикIаб букIина эбел-инсуда гьарани, мухIканлъи гьабеян абун.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...