Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Къо ккедал лъала чи

 

 

ГьитIинаб къоялдаса нахъе яцгIалгун цадахъ йикIунаан дун. Цадахъ гIуна, цадахъ цIалана, рукъалъги мадугьалихъ руго. Яц гIадин йикIана дие гьей. Амма къо ккедал гурони чиясул хIал лъаларин абулеб жо битIараблъун батана. Цо къоялъ авариялде ккун больницаялде ккана дун. Дие хъулухъ гьабизе чи къваригIиндал, гьей ячIинчIо. Больницаялдаса рокъое йиччайдал ва рокъобги кумек къваригIиндал, гьей дихъе ячIинчIо. Гьелъулцин бицинароан, диде яккизецин ячIинчIо гьей. Квешго ццинги бахъун дунги йикIана.

 

Цо къоялъ дица кинабго гьелда абизеги абуна. ГIисинлъимал божуларел жал рицине лъугьана гьейги. Квешаб дагIба ккана нижеда гьоркьоб. РакIалда бугебщинаб гьелъги абуна. Дида бичIчIана гьелъул рекIелъ дидехун жахIда букIин. Ригьнадасаги гьей ятIалъана, эбел-эменги гьелъул ратIалъун руго ва нижедаса мискингоги руго. Гьединаб гIумру гьелъул бугинги абун, дида бугеб гIайиб щиб?

 

РайхIанат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьадингоги бигьаяб гIумру гьелъул гьечIеблъи лъалеб мехалда, дагIба-къецалде кIванагIан бачине бегьулароан дуцаги. Дудехун бугеб жахIда гуреб, эбел-эмен ва жийгоги росгун ратIалъун рукIиналъ рекIелъ бугеб ругъун батула гьелъул. БитIараблъун букIинаан гIайибал чIвачIого, берцинаб хIалалда гьейгун кIалъани. ЗахIматаб хIалалда мун йикIиндал, гьелъул кумек хIажатаб букIараблъи бичIчIизабизе бегьилаан гьаракь борхизабизе течIого. Цинги, кинаб гIилла гьелъ бачаниги, гьебги берцинго къабул гьабизе ккелаан. Гьей дур гьудул гурейги яцгIалгилъидалха. ГIагарлъиялъулгун гIамал рекъезабизе жигар бахъизе ккола.

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «ГIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи хвезабулев Алжаналъуве лъугьинаро», - ян. (Бухари)

ГIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи цIуниялъ ризкъиялдагун гIумруялда баракатги лъола, Аллагьасде гIагарги гьарула, Алжаналде лъугьиналъе сабаблъунги чIола, иманги щулалъула, гIумруги халалъизабула. Бигьаяб жо буго нилъгун берцинго ругеб мехалъ дандеги берцинго рукIине. ЗахIматаб ишлъун ккола нилъгун квеш рукIаго данде берцинаб жаваб гьабизе. Аварагасги ﷺ абун бугелъул: «ГIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи цIунулев кколаро гьез гьабуралъе (лъикIлъиялъе) данде жаваб гьабулев, гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи цIунулев ккола гьез гьоркьоблъи къотIизабидал жинцаго хурхинабулев», - илан. (Бухари, Муслим)

Гьединлъидал, яцгIалалъеги бице гIагарлъиялъулгун хурхен къотIизабизе бегьулареблъи, тIаса лъугьин тIалаб гьабе ва мунгоги гьелда тIаса лъугьа.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Психологасул жаваб

Дуда гуребги квеш бихьизе рес бугеб лъугьа-бахъин ккун буго. ТIубараб гIумруялъ яцгIадин аскIойги йикIун, къо ккедал тIагIун чIей мекъаб жо буго. Кинниги яцгIалалда ккун батизе бегьула кIалъалеб хIал дур батиларин ва гьелъул кумекалде ккараб хIалги гьечIин абун. Авалалдасанго тIаде яккизе ячIинчIеб мехалъ, къоял индал яккизе ячIине жеги захIмалъун батизеги рес буго. Цинги дуда квеш букIунеблъиги бичIчIун, ячIине нечон ятизеги бегьула. Кин бугониги дур гIайиб гьениб гьечIо. Гьелдаги гIайибал чIван кIалъазе мунги гIедегIине бегьуларо. ГъалатIал кколарев чи вукIунаро. АскIоеги ун, берцинго хабар бицине киданиги кватIун букIунаро. ХIакъикъияй гьудул гьелъул мун йикIун ятани, цо гъалатI ккедал кIкIалахъа гъоркье гьей рехиги битIараб букIинищ? Жакъа гьеб суал дуца кьеялдаса бичIчулеб буго гьей дуе хирияй гIадан йикIин. Гуребани, щибго жоги абичIого, гьейги рикIкIад тун, парахатго йикIинаан мун. Бихьулеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъ дур ракI унтизабун букIин. НахъбахъичIого гьейгун кIалъай. РакIрагьун кIалъайдал рес буго ракIалда бугеб гьелъги бицине ва жиндихъаго ккараб гъалатIалъухъ тIаса лъугьайиланги гьаризе.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...