Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Сабру кин гьабилеб?

Росас байбихьана криптовалюта абулеб жоялда тIад гIарац гьабизе, ва хIиллачагIазул къорикьеги ккун, бащдаб миллион гъурущ хIурудахъ ана. Гьебги букIана мина къачIазе ва гьеб гIатIид гьабизе цIакъ хIажатаб гIарац. Гьеб сабаблъун росги ургъаликье ккана ва дидаги гьарула тIаса лъугьаян абун. Дида гьев вичIчIула, гьесие бокьун букIиндалха лъикIаб иш гьабизе. Амма рокъоб дагIба кканщинахъе гьебги ракIалде щун, ццим бахъинчIого дунги хутIуларо. Кин дица сабру гьабилеб?

ПатIимат, МахIачхъала

ГIалимчиясул жаваб

Анасидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Адамил лъимал гъалатIал кколеллъун рижун руго, амма гьезул бищун лъикIал тавбу гьабулел руго», - ян (ибн Мажагь, Тирмизи).

Тавбуялъул каваби инсанасе кидаго рагьарал руго ва ТIадегIанасе рокьула мунагьалда ракI гурхIун, тIаса лъугьаян тавбу гьабун гьардолел гIадамал.

Дунялалъул щиб захIмалъи росасде бачIаниги, чIужу йикIине ккола гьесул мугъчIвалеб бакIлъун. ЗахIмалъи тIаде бачIиндал лъала рос-лъадул цоцадехун бугеб рокьиги хинлъиги. Гьелъул магIна кколаро, мунагь бугеб жо гьабулев росасе кумек гьабеян абураб. Гьелъул гIаксалда, йикIине ккола гьединал пишабаздаса рос нахъе ахIулей, насихIат гьабулейлъун.

Росасда гIайибал чIвазе ихтияр гьечIо, гьабуралда ракI бухIун гьес тавбу гьабун бугелъул. ХIиллачагIазда божун, къокъабго заманалда жаниб гIемераб гIарац щвезе бокьиялъ, рос гуккун вуго. Хьул буго гьеб мисал гьесие дарслъун букIинин абураб. Аллагьасе шукру гьабизе ккола, гьеб куцалда тамихI гьабун гьеб мунагьалда даимлъиялдаса жив цIунаралъухъ. Нилъер гIумруялда жаниб кколеб лъикIаб ва квешаб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIалбихьизелъун битIараб буго. ЗахIмалъи-къварилъиялда сабру гьабун чIеялъ Аллагьасул ﷻ разилъиялде рачине ресги буго. ЗахIматаб гIужалъ гьесда аскIой йикIун, гьесул ракI батулеб рагIи бице. Гьев гIодове виччазавун абе, захIмалъиялда хадуб бигьалъиги бачIунин абун.

Тарихалде раккани, нилъеда бихьула щивав бахIарчиясда нахъа сабру бугей, гьединайго бахIарчияй лъади йикIин. Масала, халкъалъулго сайид МухIаммадил ﷺ аварглъиялъул байбихьуда, гIагаралцин жиндаса руссараб мехалда, тIоцебе гьесул ракI батизабурай гIадан Хадижат йикIана.

Психологасул жаваб

ГIарцудаго цадахъ хъизамги биххизе биччангутIи буго гьабсагIаталда нужер аслияб масъала. Росасда бичIчIун буго ккараб гъалатI. Рокъоб дагIба-рагIи ккедал, гьесда лъазе буго бокьараб мехалда хIиллачагIаз гуккун, хъизан гIарцудаса махIрум гьаби дуца бадибчIвазе бегьулеблъи. Гьедин кколеблъиги лъан, рекIелъ бугеб рахIатхвеялъ, гьес хIаракат бахъизе буго кинабго дудаса бахчизе. Дудаги гьеб бичIчIила ва мунги гьесдехун цIорон лъугьина. Гьеб хIалалда нужер гьоркьоблъиги къойидаса-къойиде хвезе буго. Цинги цо къоялъ росас ццим загьир гьабизе буго. Гьеб мехалъ хIинкъи буго хъизам биххиялда. Аллагьас цIунаги! Гьединлъидал, бищун битIараб букIина цебе арабги кIочене тун, бачIунеселда гьединал гъалатIал ккунгутIиялда тIад хIалтIаби гьаруни. ГIарацги буго жакъа букIунеб, метер букIинчIого букIине рес бугеб жо. Рос-лъади рекъон ругони, гIарацги, лъикIаб гьоркьоблъиги букIина, хъизамалда баракатги лъела.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...