Аслияб гьумералде

ГIидалъул как балеб къагIида

ГIидалъул как балеб къагIида

ГIидалъул как буго цIакъго кIвар бугеб суннатаб как. ХIатта фарзул кифаят бугин абулел гIалимзабиги руго. Аварагасги ﷺ цIакъ тIадчIей гьабулаан гьелда.

ГIидалъул как бачIого тезе карагьатаб буго. Гьелъул жамагIат-какда гIахьаллъизе суннатаб буго бихьиназеги руччабазеги, берцинай, къадру бугей чIужугIаданалъе хутIун. Гьединлъидал, ине бегьула херал ва жидедехун гьетIи букIунарел руччаби лъабго шартIги цIунун: росасул изну букIин; берцинаб махI гьабунгутIи; берцинаб, бадибе рехулеб ретIел ретIунгутIи.

ГIидалъул какил гIуж щола гIидкъоялъул бакъ баккиялдалъун ва лъугIула бакъ завалалде щвеялдалъун. Цогидал какал гIужил авалалда разе хириял руго. Амма гIидалъул как авалалда баялдасаги хочол манзилалъ бакъ эхеде борхизегIан нахъбахъизе лъикIаб буго.

ГIидалъул как жамагIат гьабун базе бихьизабун буго. Жинцаго цохIо чияс баниги бегьула. БатIа-батIа, кIиго-лъабго жамагIат гьабун базе карагьатаб буго. Гьелъие как ахIизеги къамат гьабизеги суннатлъуларо. Какалъул бакIалда гIидалъул какде гIадамал ахIула «Ассалата жамигIат» абурал рагIабаздалъун.

ГIумар-асхIабас абун буго кIалбиччанкъоялъул как кIиго ракагIат бугилан. Гьединлъидал, гIидалъул как базейилан ниятги гьабун, гIадатияб кIиго ракагIат баниги суннат щола. Гьелъул камилаб къагIидайин абуни ккола: гIидалъул какил кIиго ракагIаталъе ниятги гьабун бухьина как, хадуб «важагьту» цIалила, цинги «агIузу…» бахъилелде цебе анкьго нухалъ «Аллагьу акбар» абила, как бухьунагоги рукугIалде унагоги абулеб малъичIого.

Нагагь гьал «Аллагьу акбарал» абилелде цебе «агIузу…» бахъани, гьелъул къварилъи букIунаро, гьелда хадуб абизе бегьула «акбарал». Имамасги жинцаго балесги «Аллагьу акбар» рагIун абила. «Аллагьу акбар» абулаго щибаб нухалъ кверал эхеде рорхила как бухьунеб мехалъ гIадин, цинги квегIалда тIад кваранаб кверги лъун, каранда гъоркь лъела «АлхIам» цIалулелъул букIунебго гIадин.

Щибаб «Аллагьу акбар» цо-цо хIухьладалъун абизеги суннатаб буго. Щибаб «Аллагьу акбаралда» гьоркьобги абила: «субхIаналлагьи валхIамдулиллагьи ва ла илагьа илла ллагьу валлагьу акбар», - абун. «Аллагьу акбарал» абун рахъиндал, «агIузу…» бахъила, цинги «алхIам» рагIун цIалила, хадуб суратги цIалила тIатун. КIиабилеб ракагIаталда «Аллагьу акбар» щуцIул абила, эхеде вахъунелъулги рукугIалде унелъулги абулеб рикIкIинчIого. Гьанибги «Аллагьу акбаразда» гьоркьоб долго рагIаби абила. ХутIараб жоги цебесеб ракагIаталъе бицухъе гьабила.

Как бухьун хадуб «Аллагьу акбар» абизе кIочон «алхIам» цIализе байбихьани, тIадвуссун абизе бегьуларо. ЧанцIулдай дица «Аллагьу акбар» абурабин щаклъани, дагьаб къадаралде ракIчIезабун, гьелда бацIцIина. ГIидалъул как бан хадуб имамас хутIба гьабила рузманалда цебе гьабулеб гIадаб. Амма гьаниб какда хадуб гьабула, цебе гьабуни рикIкIунаро. ХутIба байбихьилалде цебе имамас тIатIалаго 9 нухалъ «Аллагьу акбарги» абун гьабила хутIба, цинги дагьаб мехалъ гIодовги чIун, кIиабилеб хутIбаги гьабила.

Гьелъул авалалда, анкьго нухалъ тIатIалаго «Аллагьу акбарги» абила. ХутIбаялда имамас жамагIаталда кIалбиччанкъоялда хурхарал суалал, гьелъул адабал, сахI бахъиялъул баян малъила. ГIидалъул какдейилан мажгиталде щведал, имам хутIба гьабулев ватани, жинцаго бала гIидалъул как, тахIияталъул какги данде къан. ЖамагIаталъе суннатаб буго хутIбаялъухъ кIваркьун гIенеккизе. Амма хутIба гьаби шартI гьечIо.

Гьеб гьабичIониги гIидалъул как рикIкIуна, кинниги гьабунгутIи карагьатаб буго. Гьединго, карагьатаб буго хутIба гьабулелъул гаргадизе ялъуни гьабулеб гьебги тун, нахъе ине. Жалго руччабазул жамагIаталъ хутIба гьабизе бихьизабун гьечIо, бихьиназ гьезие гьабуни гурони. Амма руччабазда гъорлъа цо чIужугIаданалъ гьезие хутIба гьабуни, къварилъи гьечIо. Жинцаго цохIо, жамагIат гьечIого, гIидалъул как балев чияс хутIба гьабизе суннатаб гьечIо.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...