Аслияб гьумералде

Алжаналъул гIаркьел

Алжаналъул гIаркьел

Алжаналъул гIаркьел

Мунагьал гьариялдалъул гIакъуба гьабиялъе сабаблъун бугезул цояб ккола нич тIагIин. Нич ккола нигIматазул аслуги. Гьеб тIагIаравги нигIматалдаса ва цогидал лъикIлъабаздаса махIрумлъула. «СахIихIалда» рехсолеб буго Аварагасул ﷺ хIадис: «Нич – гьеб тIубанго нигIмат буго», - ян. Цоги машгьураб хIадисалда буго: «Цере рукIарал аварагзабаздаса гIадамазда лъаралдасан ккола, дуца бокьараб гьабе, дуда нич батичIониян абураб рагIи».

 

Аварагас ﷺ ничалдаги иманалдаги гьоркьоб бугеб хурхеналде кIвар буссинабун абуна: «Иманалъул гIуцIи буго лъабкъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун гIаркьелалдаса. Гьелъул бищун тIадегIанаб буго – «Ла илагьа илла Ллагь» абун Аллагь ﷻ ритIухъ гьави, гIодобегIанаб – рилълъанхъизе квалквал гьабулеб жо нухдаса нахъе реххи. Ничги гьел гIаркьалабазул цояб буго», - ян (Муслим).

АлхIамдулиллагь, Аллагьас ﷻ нилъ бусурбабилъун ратун ругелъул, гьединлъидал, гьабулеб гIамалги нилъер букIине ккола Аварагас ﷺ бихьизабуралда нахърилълъун гьабулеб. Амма нич гьечIев чи къосарав, иман гьечIев вугинги абизе бегьуларо.

Аллагьасдаса ﷻ бачIун Аварагас ﷺ бицун буго (хIадису къудсиялда): «Мун гIадамаздаса нечола, Дидаса ва Дир малаикзабаздаса нечоларо, Диде гIасилъун мунагьалги гьарула. Гьедин гьабиялдалъун дуде Дир гIакъуба щвезе буго», - ян. Гьединлъидал, бищун цере нилъ нечезе кколелги ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ руго. Гьесдаса нечейги буго хIакъикъияб нич.

Нилъ ругелъул цIакъ загIипал, гьабун гIамал лъугьунарел, гьелъ ракIалде ккезе бегьуларо Аллагьасдаса ﷻ букIине кколедухъ нечонги лъугьунеб гьечIин, гIадамаздасаги жив нечезе ккеларин абураб жо. Щайин абуни, гIалимзабаз абун буго нич букIунин кIиго батIияб: Аллагьасдаса ﷻ нечей ва гIадамаздаса нечей.

ГIадамаздаса нечей буго Аллагьас ﷻ гьукъараб хIарамалдаса цIунун чIей. ГIадамазда цебе гьабизе нечолеб, живго жиндаго вукIагоги гьабизе нечезе ккола чи. Гьедин гьабулеб гьечIони, гьеб буго гьесул Аллагьасдасаги ﷻ нечонгутIи.

Цо нухалъ Аварагас ﷺ ничалъул хIакъикъат баян гьабун абуна: «Я, гIадамал, нуж Аллагьасдаса ﷻ унго-унгояб нечеялъ нече», - ян. АскIор рукIараз абуна: «Я, Аллагьасул расул ﷺ, Аллагьасе ﷻ рецц, ниж нечола», - ян. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Гьедин аби унго-унгояб нечей гуро. БукIине кколедухъ БетIергьанасдаса ﷻ нечарав чияс цIуне жиндирго бетIерги гьелъ жаниб бачарабщинабги (берал - хIарамалде ралагьиялдаса, гIундул - гьукъаралъухъ гIенеккиялдаса, кIал-мацI -  хIажат гьечIеб бициналдаса). Чехьги гьелда сверухъ бугебги (гIаврат - хIарамалде ккеялдаса, бохдул - къваригIел гьечIелъуре иналдаса, кверал ва гь.ц) цIуне абе. Хвелги, хун хадуб къаркъала туризе букIин ракIалде щвезабе. Ахират бокьарасги дунялалъул берцинлъи тола. Гьаб рехсараб гьабурав – гьев вуго унго-унгояб хIалалъ Аллагьасдаса ﷻ нечарав чи», - ян (Тирмизи).

Нич бугелъул алжаналъул гIаркьеллъун, жибги иманалдасан кколеб, гьеб тIагIинги жужахIалъул гIамаллъунги жиб кколеб ракI хъачIлъи бугелъул, чияс хIаракат бахъизе ккола гьеб жиндилъа тIагIунгутIизе. Гурони, гьединасда лъазе ккола жинца хадубккун ракIалде ккара-ккараб къабихIаб гIамал гьабизе бугеблъи ва ахир вуссинги гIазаб хIехьеялде бачIине бугеблъи.

Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивасе хIакъикъияб нич ва гьабулеб гIамал Аллагь ﷻ разилъуледухъ гьаби!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...