Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ моцIалде хIадурлъи

Аварагасул ﷺ моцIалде хIадурлъи

Аварагасул ﷺ моцIалде хIадурлъи

КватIичIого тIаде щола МухIаммад авараг гьавураб моцI. Щивав бусурбанчиясе гьеб хIурматияб моцIлъунги ккола. Гьеб заманалда аварагасул ﷺ хIакъалъулъ гIемер бицуна. Гьелъул мурадги буго гьесдаса ﷺ нилъецаги мисал боси. Щайгурелъул, Къуръаналда Аллагьас ﷻ абун бугелъул гьесдаса мисал босеян. Гьединго нилъее рекъараб буго гьесда ﷺ хурхарабщинаб лъазабизеги. Аварагасул ﷺ гIумру лъазабулаго букIине ккола хасаб къасдги ниятги. Щайин абуни, аварагасул ﷺ гIумру ва тIабигIат лъазабиялъулъ руго гIемерал пайдаби.

Аварагасул ﷺ гIумруялъул ва тIабигIаталъул бицин хириябги камилабги буго, гьев ﷺ веццун шигIраби хъваялдаса. Аварагас ﷺ шигIраби цIалулел чагIи гьукъичIо. Масала, шигIраби хъвалаан ХIасаница, ГIабдуллагь бин РахIаватица, КагIб бин Зугьайрица ва цогидазги, аварагас ﷺ гьезие рецц-бакъги гьабуна.

Хирияв Бичасул Расулас нилъ къосараб, бецIаб нухдаса хвасар гьаруна ва битIараб нухде рачана. ТалихIкъараб (дунявияб) рахъалдаса ахираталъул абадияб гIумруялде рачана. Гьеб цIакъ кIудияб нигIмат буго, нилъеда баркала кьезе хIалкIолареб, гIицIго ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гурони.

ХIисаб гьабе, чан чияс босулеб аварагасул хIакъалъулъ хъвараб тIехь ва гьеб цIалулеб?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ МухIаммад аварагасул ﷺ цIар хурхинабуна Жиндаго аскIоб шагьадаталда, аварагасул ﷺ цIар рехсечIони, шагьадат рикIкIунаро. БетIергьанас гьев гьавуна махлукъаталъул бищун хириявлъун. Щивав аварагасул хиралъиялда рекъон, гьесул умматги хирияблъун букIуна. МухIаммадияб умматги бищун хирияблъун буго авараг ﷺ сабаблъун.

Нилъее щолеб кинабго нигIмат, букIа гьеб дунялалда яги ахираталда, буго МухIаммад аварагасе ﷺ гIоло. Масала, бечелъи, лъимал, гIелму-лъай, ай кинабго буго авараг ﷺ сабаблъун щвараб.

Аварагасул ﷺ гIумру ва тIабигIат лъазабулелъул гьесдехун рокьи бачIуна. Щайин абуни, инсанасе вокьулелъулха лъикIаб гIамалалъул чи. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго: «Мун тIадегIанаб тIабигIаталъул вуго», - ян.

БетIергьанас аварагасе ﷺ тарбия кьуна ва тIабигIатал камил гьаруна. Гьев камиллъидал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ амру гьабуна, халкъги гьел тIабигIатазде ахIейин абун.

ТIахьазда хъвалеб буго авараг ﷺ васитIа вугин нилъедаги Аллагьасдаги гьоркьов. Халкъалъе кьолеб нигIматги, тIоцебе БетIергьанас ﷻ аварагасухъе ﷺ кьола, цинги аварагасдасан ﷺ халкъалъухъеги щола.

Авараг ﷺ вокьиялда рекъон букIуна иманги. ХIатта ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъи, абадияб талихI, Алжаналъул нигIматал, гьелъул даража букIуна аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъул къадаралда. Абадияб къосенги жужахIалъул гIазабги букIуна аварагасде ﷺ бугеб ццималда рекъон.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тавпикъ кьола гIамалал гьаризе. Амма нилъее рекъола лъикIал гIамалал гьаризе тавпикъ кьегиян гьаризе. Гьелдаго цадахъ цIаларалдаги гIамал гьабизе ккола. Масала, аварагасул ﷺ хIелмуялда, сахаватлъиялда, гIибадаталда ва гьел гурел цогидал ахлакъазда нахъвилъинелъунинги абун. Гьедин гьабуни, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рокьи тIаде цIала.

Хирияб Къуръаналда буго: «Дуца абе, МухIаммад, нужее Аллагь вокьулев ватани, дида нахърилъаян, цинги Аллагьасеги нуж рокьилин», - абун (сура «Алу ГIимран», аят 31).

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги авараг ﷺ вокьулеб агьлуялдасан. Амин!

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...