Аслияб гьумералде

МахIмуд афанди

МахIмуд афанди

Жинда Аллагь разилъаяв МахIмуд афанди гьавуна гьижрияб 1225 соналъ Алмало абураб росулъ. Жакъа гьеб росу Азербайжаналде гъорлъе ккола, амма цебе Дагъистаналъул ЦIоралъул ракьалде гъорлъе кколаан.

Гьев вукIана халатаб черхалъул, гьайбатаб гьумералъул, берцинаб мегежалъул, гьуинаб каламалъул инсан. ГIемерисел тIахьазда хъвараб жо хал гьабуни, гьев магIарул миллаталъул вукIун вуго. Гьес гIемер абулаан: «Дун Дагъистаналдаса вуго, дие Дагъистаналъул гIадамалги цIакъ рокьула», - ян.

ГьитIинаб къоялдаса байбихьун МахIмуд афандияс гIелму цIализе байбихьана. Кьерилазда гьоркьов гьев загьирлъана берцинаб тIабигIат-гIамалалдалъун, пагьму-гьунаралдалъул, хIеренлъи-хIалимлъиялдалъун. ГIелмуялдехун бугеб кутакаб рокьиялъ, къокъаб заманалда жаниб, гьев цеве тIуна диниял ва дунявиял гIелмабазулъ. Гьесда камилго лъалаан гIелмул мантIикъ (пикру гъалатIалдаса цIуниялъул гIелму), астрономия (бакъ-моцIалъул гIелму), математика, философия ва гьел гурелги дунялалъул гIелмаби.

Багинуса ШугIайб афандияс хъвалеб буго: «ШаргIиял гIелмаби лъайгун цадахъ, МахIмуд афандиясда камилго химияги лъалаан», - абун. Гьединго гьев мубарак машгьурав вукIана сахаватлъиялдалъун. Гьесул рукъ кидаго гьалбадерил цIун букIунаан. Рохалида, адабхIурматалда къабул гьарулаан гьес гIадамал. Жиндирго сахаватлъиялъги, берцинаб тIабигIат-гIамалъги, гьуинал насихIатазги, гьес исламалде ахIана аза-азар чи.

Шайих ГIусман Цахурияс МахIмуд афандиясул сахаватлъи бицун хъвалеб буго: «Гьев мубаракас цо гъурущцин нахъе толароан, кинабго хIажатазе бикьулаан. Цо-цо мехалъ кинабго боцIиги садакъаде кьун, жиндиего тIагIам босизе гIарац гьечIого хутIулаан. Зияраталъ рачIунел цо-цо муридзабаз, гьесул рокъобе гIарац бачIунаан. ХIатта гьез бачIараб гIарац нусго гъурщидеги бахунаан. Доб заманалъ гьеб кIудияб гIарац букIана. МахIмуд афандияс гьеб гIарац гъурущ нахъе течIого, сверухъ ругел мискин-пакъиразе бикьулаан», - ян.

КигIан хIалимав инсан вугониги, гьес ккараб бакIалда хIакъаб рагIи абичIого толароан. ТIад ругел хIакимзабиги, боцIи кодоб бугел бечедалги, гьезул гIайиб чIвай хал гьабичIого, гьес битIараб нухде ахIулаан. ТIарикъаталъул нухда МахIмуд афандиясул тIоцевесев устар Юнус афанди вукIана. Гьесул тарбияталда гъоркь МахIмуд афанди вахана вилаятул сугъра абураб макъамалде. Гьелдаса гIемер мех иналде, Юнус афандияс гьесие гIадамал тIоритIизе ижазаги кьуна.

Гьединго МахIмуд афандиясе тарбия щвана ГIабдула аль-Макки, ИсмагIил Ширвани, Халидшагь Багъдади гIадал машгьурал устарзабаздасанги. Гьесул рукIана рикIкIен гIемерал караматал. ХIатта гьесул караматал рехсон тIубараб тIехь хъвазе бегьила. Кинниги устарзабаз караматазде кIвар кьоларо, гьелъул ургъелги гьабуларо. Щайгурелъул караматаз Аллагьасдаса машгъул гьаризе рес буго. Устарзабаз аслияб кIвар кьола истикъаматалде, ай кидаго Аллагьасда ракI хурхине гьабун, бацIцIадаб шаргIалъул нух кквеялде.

МахIмуд афандияс жиндаго хадуб тIарикъаталъе изну бугев 10 маъзун тана. Микьго Дагъистаналдаса, кIиго Астраханалдаса. Живго хвезе дагьал къоял хутIидал, захIматго унтарав МахIмуд афанди, Астраханалда аскIоб бугеб хабзалалъ вукъарав Нажмудинил Кубраян (Заман-хIажи Бухари) жинда абулев шайихасул зияраталъ ана. Гьесда цадахъ рикIкIен гIемерал муридзабиги рукIана. Зиярат гьабун хадуб МахIмуд афанди гьесул хобалда гIагарлъухъ вахъун чIана ва гьениб гIансаги тункун, абуна: «Дир диналъул вацал! Дун гьаб бакIалда вукъе, иншаАллагь дир хоб гьаниб букIине буго», - ян.

Гьев мубаракас мухIанго рехсон букIана живго хвезе вугеб къо-моцI. Ахиралде щвезегIан гьев роцIцIараб гIакълуялда вукIана. Хвелалде цебеги черх чурун, какие чурун, Къуръан цIалун хIадурана даимаб рукъалде.

Гьев ахираталде накълулъана гьижрияб 1294 соналъул, щуабилеб мухIарралъ. Гьев вукъулеб мехалъ гьенире ракIарун рукIана рикIкIен гIемерал муридзаби, чIахIиял хIакимзаби ва гIадатиял гIадамал. Жакъа гьел вализабазул зиярат Астраханалда цIакъ машгьураб буго. Гьел вализабазул хобал жакъасеб къоялъ сверун къанги руго. Жанире лъугьиндал, кваранидехун МахIмуд афандиясул хоб буго, квегIидехун - Шайху Заманиясул хоб буго.

ИСРАФИЛ МУХIУМАЕВ, ДИУЯЛЪУЛ МУГIАЛИМ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...