Аслияб гьумералде

Имамги гIолилавги

Имамги гIолилавги

Мажгиталде вачIарав гIолилав ун вуго имамасда аскIове ва абун буго жинца гьанибе тIокIалъ хIетIе чIезе гьечIин абун. Имамас гIилла цIехедал, гIолилас абула: «Гьаниб гIадамал цоцазда нахъасан кIалъалел рагIана. Цо-цоял имамасул вагIзаялъухъги гIенеккичIого, телефоназде къулунцин рихьана, цогидалин абуни, Къуръан цIалулелъул цоцазда гаргадулел рукIана», - ян.

 

ГIолиласухъги гIенеккун, имамас гьесухъе кьун буго лъел цIураб стакан ва абун буго къатIра гIодобе тIинкIиларедухъ мажгиталда жаниб лъабго нухалда свери бахъеян абун. Гьес абухъе гьабидал, имамас гIолиласда цIехон буго гьаб нухалда телефоназде къуларалго рихьанищилан. РихьичIин жаваб кьун буго гIолилас.

- Рихьилищха мун лъел цIураб стаканалъул ургъалида вукIиндал, - ян абун буго имамас. – ТIолабго пикру БетIергьанасде буссиндал, нилъер заман букIунаро доре-гъоре балагьизе, чияр гъалатIалгун гIунгутIаби цIехезе.

ХIакъикъаталдаги Аллагьасул рокъор ругеб мехалда, гьалъул-долъул пикрабазда рукIиналъ, кIочона гьенире рачIиналъе букIараб аслияб гIилла. Гьединлъидал хIаракат бахъизе ккола гIибадаталде машгъуллъизе ва гьеб мехалда нилъеда рихьизе гьечIо лъилго гъалатIал ва гIунгутIаби.

Аллагьас тавпикъ кьеги мажгитазул адаб цIунизе.

 

Заирбег-хIажи МухIаммаднабиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...