Аслияб гьумералде

Салаваталъул баракат

Салаваталъул баракат

Салаваталъул баракат

Имам Суфьяну Саври ккола кIудияв гIалимчи ва мужтагьид. Имам ШафигIги гьевги цого гIасруялъул чагIи ккола. Мужтагьид ккола жиндир гIелму гъваридав, жинхъаго Къуръаналдаса ва хIадисалдаса хIукму босизе къуват ва бажари бугев чи.

 

Суфьяну Саврияс бицана жиндирго ккараб лъугьа-бахъин. Гьеб къиса хаслъула Аварагасде ﷺ салават битIиялда. Нилъеда лъала кигIан кIудияб кири щолебали салават битIиялдалъун. Авараг ﷺ макьилъ вихьи хIакъикъаталда живго Авараг ﷺ вихьарав гIадин бугин хъвалеб буго гIалимзабаз. Гьеб нилъее балъгояб жо гуро.

ХIежалда тIаваф гьабулеб мехалъ Суфьяну Савриясда цо инсан вихьула гIемер салават цIалулев. ГIажаиблъарав имамас гьесда цIехола тIавафалъулъ цIалулеб тасбихIги тун, Аварагасде ﷺ салаватищ битIулеб бугебилан абун. Гьев чияс гьикъула мун щив кколевилан. Имамас абула жив Суфьяну Саври вугин. Цинги дос бицуна хIежалда рукIаго жиндир эмен хванин. Гьесул гьумер чIегIерлъанин, чехь гьоронин ва берал хъахIиллъанин. Жинца гьеб мехалда абунила «Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун» абун.

- Гьелдаса хадуб дун кьижун ккана, - ян бицуна дов чияс. - Дида макьилъ вихьана кутакалда берцинав чи. Гьес дир инсул гьурмада квер бахъана ва гьесул гьумер рахьалдасаги хъахIаблъун лъугьана. Чахьалда квер бахъидал, цебе букIараб гIадин лъугьуна. Дица цIехана мун щив кколевилан абун. Гьес жаваб кьуна жив МухIаммад, Аллагьасул расул кколин. Дур эмен вукIанин мунагьал гьарулев чи, амма гьес гIемер салават цIалулеб букIанин. Гьесде балагь щведал, диде ахIи бана ва дица гьесие кумекги гьабуна. Дунялалда рукIаго диде гIемер салават битIарав чиясе дун шафагIатлъун чIола, ай дица гьесие кумек гьабула», - ян.

Хадубги гьев чияс абула жив макьидаса ворчIидал, инсул гьумер хъахIлъун батанин, чехьги чучун ун батанин.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...