Аслияб гьумералде

Мисалияб лъугьа-бахъин

Мисалияб лъугьа-бахъин

Мисалияб лъугьа-бахъин

Цо нухалда ГIумар-асхIабгун цадахъ мажгиталда рукIаго, хадув цIан цоявгун гьенире рачIуна кIигояв. ГIумарица гьезда абула:

 

- Нужеца гьабулеб щиб, щиб лъугьараб», - ян.

- Я Амирул муъминин, гьав чияс нижер эмен чIвана, - ян жаваб гьабула гIолилаз.

Цинги ГIумар-асхIабас гьев чиясда цIехола:

- Гьаз бицунеб жо битIараб бугищ, дуца гьазул эменищ чIварав? - ан.

Халифасул суалалъе жаваб гьабун гьес абула:

- Дир варани ун букIана гьазул инсуе кколеб бакIалде. Гьениб варани бихьидал, гьес гьелда гамачI речIчIула ва гьебги битIахъе бадиб щола. Бахъараб ццидакье дицаги речIчIана гьесда гамачI ва гьелъул хIасилалда гьазул эменги хвана, - ян.

Цинги ГIумар-асхIабас гIолохъабазда цIехола:

- Щиб гьабизе нужее къваригIун бугеб? - абун.

- Нижее рецIел босизе бокьун буго, - ян жаваб гьабула гIолилаз.

- Гьеб лъугьине буго, - ян жаваб гьабула ГIумар-асхIабасги.

Гьеб мехалъ гьев чияс халифасда абула:

- Я Амирул муъминин, цо гьари буго. Дир вуго гьитIинав вац, дагьаб цебегIан хвана нижер эмен, гьес нижее ирсалъе нахъе тана боцIи-мал. Гьеб щиб ва киб бакIалда бугебали цохIо дида гурони лъаларо. Бегьулеб батани, гьелъул иш тIубазе ине дагьаб заман кье дие, - ян.

- Щиб гьабизе бокьун бугеб дуе? - ян цIехола халифас.

- Дун рокъове ина ва инсуца ирсалъе тараб вацасдаги бихьизабун, тIадвуссина, - ян абула гьев чияс.

ГIумарица цIехола мун тIадвуссине вукIиналъе божилъи кьолев чи вугищилан абун. Гьединав чи гьечIин абула гьес.

- Мун тIадвуссиналъе божилъи кьолев чи ккани, виччала, гурони виччаларо, - ян абула халифас.

Гьединаб кIалъай гьезда гьоркьоб кколелъул мажгиталда рукIуна гIемерал гIадамал. Гьездехунги вуссун, гьес абула:

- Вугищ нужеда гьоркьов дие гъоркьлъалие чIолев чи? – ян.

Лъицаго жаваб кьоларо. Цинги ГIумар-асхIабас абула:

 - Дуе гъоркьлъалие чIолев чи ватичIони, дица мун виччазе гьечIо, - ян.

Гьеб хIалалда рукIаго гIадамазда гьоркьоса цояс квер борхула ва гьев вукIуна Абу-Зар-асхIаб. ГIумар-асхIабас абула:

- Абу-Зар! Дуда бичIчIулеб бугищ дуца гьабулеб жо? Гьев тIадвуссун вачIинчIони дур бетIер къотIизе бугебха, - ян.

- Дида бичIчIулеб буго гьабулеб жо, - ян абула Абу-Зарица.

Гьедин халифас гьев чи виччала, пуланаб заманги бихьизабун.

Гьелдаса хадуб уна цо къо, кIиго къо ва лъабабилеб къоялъул бакъанил какил гIуж щола, амма гьев чи вачIунаро. Гьеб мехалда дов кIиявго гIолохъанчи вачIуна Абу-Зарихъе ва абула:

- Нижеца абулеб букIинчIищ дуда гьабугейин гьесие кумекилан. Бихьулищ, гьев чи жеги вачIинчIо, гьалеха кватIичIого дур бетIерги къотIизе буго, - ян.

- Жеги маркIачIул какил гIуж щун гьечIо, - ян жаваб гьабула Абу-Зарица ва къватIиве вахъун мажгиталъул рахъалдехун.

Щола маркIачIул гIуж. Бусурбабиги рукIуна какие хIадурун, мажгиталде ракIарун. Циндаго халлъула векерун вачIунев цояв ва гьев чиги ватула Абу-Зар гъоркьлъалие тун виччан вукIарав.

ГIумар-асхIаб хIикмалъула, цинги цевеги ахIун, цIехола:

- Эркенлъиялде ккедал кин мун тIадвуссун вачIарав, дица дуда хадув чиги витIун вукIинчIин, - ян.

Гьес жаваб гьабула:

- Я Амирул муъминин! Дие къабуллъичIо бусурбанчияс рагIи кьунин ва гьебги кквечIин гIадамаз абизе, - ян.

Цинги Абу-Заридехунги вуссун, халифас цIехана:

- Лъазего лъаларев чиясе гъоркьлъалие вахъине кин мун разилъарав? - абун. Абу-Зарица абула:

- Я Амирул муъминин! Диеги къабуллъичIо, бусурбанчи кумекалде хIажалъараб мехалъ аскIор рукIараз гьесие кумек гьабичIин гIадамаз абизе, - ян.

Гьеб мехалъ ГIумар рецIел боси тIалаб гьабулел рукIараздехун валагьула, халифас щибго абилалде гьезги абула:

 - Я Амирул муъминин! Мун нугI вугоха гьев кIиявго гIадал унго-унгоял муъминзаби ракьалда рукIиналъе. Нижги гьесда тIаса лъугьана, - ян.

Хадубги гьез абула жидееги къабуллъичIин бусурбанчиясухъа хатIаъ ккедал, тIаса лъугьун тезе кIвечIого гьев чIванин гIадамаз абизейилан.

ГIабдуллагь ибну Мубаракица абун буго:

- ГIемерисеб мехалъ, ният халгьабун нилъеца гьабураб гIамал, кигIан гьитIинаб батаниги Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб буго. Гьединго руго чIахIиял гIамалалги, жиделъ ният бацIцIадаб Аллагьасе ﷻ гIололъун букIинчIеб, БетIергьанасде ﷻ щоларел, щваниги къабул гьаруларел, - ин. Щивасе тавпикъ кьеги Гьев ﷻ разияб гIамал гьабулеллъун рукIине.

 

АхIмад Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...