Аслияб гьумералде

Малаикзабаз сверун ккола

Малаикзабаз сверун ккола

Рамазан моцIалъ гьаризе рекъарал гIибадатаздасан ккола Къуръан цIали. ГIадамазе нухмалъилъун букIине ва гьел хIакъикъияб, битIараб нухде тIоритIизе Рамазан моцIалъ рещтIана хирияб Къуръан. Гьелъие нугIлъи гьабуна Къуръаналда бугеб аяталъ: «Рамазан буго Къуръан рещтIараб моцI», - ян (сура «ал-Бакъара», аят 185).

 

Имам ШагIбияс абуна: «Къуръан рещтIине байбихьана Лайлатул къадриялъул сордоялъ», - абун. 

Аллагьасул ﷻ расулас ﷺ абуна: «Ибрагьим аварагасде СухIуфал рещтIана Рамазан моцIрол авалаб сордоялъ. Муса аварагасде Таврат рещтIана Рамазаналъул анкьго къо араб мехалъ. ГIиса аварагасде Инжил рещтIана Рамазаналъул анцIила лъабго къо араб мехалъ. Къуръан рещтIана Рамазаналъул къоло ункъо къо араб мехалъ», - абун.

 

Къуръан цIали хирияб букIин бицунел хIадисал

Аллагьасул ﷻ каламалда буго (магIна): «Нижеца гьеб рещтIинабуна Лайлатул къадриялъул сордоялъ», - абун (сура «ал-Къадр», аят 1). 

Аварагас ﷺ абуна: «Къуръан цIаларав чиясда ракIалде ккани жиндие гьелъухъ кьуралдаса цIикIкIун цоги чиясе кьунин абун, гьев вуго Аллагьас ﷻ тIадегIан гьабураб жинца гьитIинаблъун гьабурав», - абун.

 ГIусман-асхIабасдасан Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Нужер бищун лъикIав Къуръан лъазе гьабурав ва гьеб цогияздаги малъарав вуго», - ян.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ Къуръан цIалулезул эбел-инсул бетIералда лъола бакъ гIадин жиб гвангъулеб таж», - ян.

Эбел-инсуе гьединаб кири щолеб батани, Къуръан цIалулесе щибдай щвела?

 Жеги хIадисалда буго: «ХIакълъунго, гьал ракIал цIарагIал руго, гьединлъидал гьел цIезаре Къуръаналъ, цогидаб жоялъ цIезаруге», - ян (Бухари ва Муслим).

Къуръан цIалулев чиясдаса бачIуна берцинаб, гьуинаб махI. ХIадисалда буго: «Къуръан цIалулесул мисал буго хIавагIечалъул мисал, жиндаса берцинаб ва гьуинаб махI бачIунеб», - ян (АхIмад).

Цоги хIадисалда буго: «Къуръаналъул жого ургьиб гьечIев, ай щибго жо ракIалдасан лъаларев яги гьеб цIализего лъаларев чи чIунтIараб рукъалда релълъун вуго», - ян.

Бухарияс ва Муслимица бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Къуръан цIалулев релълъарав вуго утружатида, жиндир махIги берцинаб, тIагIамги гьуинаб», - абун.

Абу Давудица бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Щив чи вугониги жинца Къуръан цIаларав ва гьелда рекъон гIамалги гьабурав, ТIадегIанав Аллагьас гьесул эбел-инсуда лъела къиямасеб къоялъ ботIрода таж, дунялалда бугеб бакъудасаги жиндир кунчIи берцинаб», - абун.

Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Нужеца Къуръан цIале, хIакълъунго, гьеб бачIине буго гьелъул агьлуялъе кумекалъе къиямасеб къоялъ», - абун.

ТIабараниясги Байгьакъиясги бицараб хIадисалда буго: «Къуръаналде балагьичIого гьеб цIаларав чиясе буго азарго даража, балагьун цIаларалъухъ буго кIиазарго даража», - ян.

Цогидаб хIадисалда буго: «ЦIаличIого Къуръаналъухъ балагьиги, эбел-инсул гьурмахъ балагьиги, КагIба рукъалъухъ балагьиги гIибадат буго», - ян.

Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул рокъорги данделъун Къуръан цIаларазул рекIелъе рахIат рещтIуна, рахIматалъулъги тIерхьуна, малаикзабазги сверун ккола, Аллагьасги гьел рехсола», - ян.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...