Аслияб гьумералде

Дажалидаса цIунулеб

Дажалидаса цIунулеб

Къуръан ккола дару. Гьелъ нилъер ракIал ва унтаби сах гьарула. Гьединго гьеб цIаларав чиясе щола щибаб хIарп рикIкIун кириги. Гьеб ккола дунялалда бищун гIемер цIалулеб тIехьги. Цо-цо сураби цIакъго реццарал руго цIализе. Масала, Къуръаналда бищун хирияб сура ккола «ФатихIа». Гьединаб цIар кьеялъе гIиллаги ккола гьелдалъун Къуръан байбихьулеб букIин. Суфьяну Саврияс абулаан къойида жаниб 100-гIаги аят цIалуларев чиясул щиб букIунебин абун. Салафу-салихIуназ цIакъ гIемер цIалулеб букIана Аллагьасул ﷻ хирияб Калам.

Цо-цо сурабазул тIокIлъи

 

<figure><img src="//as-salam.press/storage/_content/2023/01/31/1675162107_63d8f1fb84db9.jpg"></figure>

«Бакъараялъул» ахиралда кIиго аят буго жиб цIализе хирияб. Гьел аятал лъималаздаги малъизе ккола. Гьелда жаниб буго бищун хирияб аят – аятул Курси. Гьеб радал цIаларав чи къасилъизегIан цIунула, къаси цIаларав, рогьинегIан цIунула. Аятул Курси ккола Къуръаналъул аятазул хан.

«Кагьф» сура рузман къоялъ яги рузман сордоялъ цIалани, гьеб цIалараб бакIалдаса Маккаялде щвезегIан гьесие нур букIуна. 

«Ясин» ккола Къуръаналъул ракI.

Щибаб сордоялъ «Табарака» цIаларав чиясул хоб данде къаларо.

«Иза Зулзилат» цIали Къуръаналъул бащалъи ккола.

Лъабго нухалъ «Ихлас» цIалани тIубараб Къуръан цIаларабгIан кири щола.

«Кафирун» цIалани Къуръаналъул ункъил бутIа цIаларабгIанасеб кири щола.

Жиназулги инсазулги квешлъиялдаса бищунго чи цIунулеб жо кIиябго «Къул агIузу» ккола.

Сура «ШархI» цIалани рекIелъ бугеб пашманлъи нахъе уна. 

«Вакъият» цIаларав чиясул ризкъи гIатIилъула ва цIикIкIуна.

 

Цо-цо хириял рагIаби ва дугIаби

Ла илагьа илла ллагьу вахIдагьу ла шарикалагь… (ахиралде щвезегIан) ккола МухIаммад аварагасги ﷺ  гьесда цересел аварагзабазги абураб бищунго хирияб рагIи. Цо къоялъ гьеб нусцIул абуни, гьесда бащадаб лъикIаб гIамал гьабурав цоги чи вукIунаро, гьесдаса цIикIкIун гьеб цIаларав гурони.

Ла хIавла ва ла къуввата илла биллагь ккола алжаналъул хазинабаздаса хазина. Гьеб абунщинахъе чиясе алжаналда жанир гъутIби чIола.

Лаилагьа илла ллагь абураб рагIи анкьалго зобалги анкьалго ракьалги цадахъ лъуниги, гьелдаса цIикIкIуна.

СубхIаналлагьи валхIамду-лиллагьи вала илагьа илла ллагьу валлагьу акбар абураб рагIи ккола Къуръаналда жидер биценги бачIараб, цо нухалъ абуни, дунялалдасаги гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги лъикIаб. Гьелъул хиралъаби цIакъ гIемер руго.

Щибаб какда хадуб 33 нухалъ СубхIаналлагь, АлхIамдулиллагь, Аллагьу акбар ва цинги вахIдагьу… цIалани, ралъдада полопгIан гIемерал ругониги мунагьал чурула.

Бищун хирияб, ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ рецц гьаби ккола, АлхIамду лиллагьи хIамдан ювафи нигIамагьу ва юкафиу мазидагь абураб рагIи.

СубхIаналлагьи вабихIам-дигьи нусго нухалъ абурав чиясулги ралъдал полопгIан гIемерал ругониги мунагьал чурула.

Раббана атина фи ддунья хIасанатан ва фил ахирати хIасанатан ва къина гIазаба ннар абураб дугIа ккола аварагас ﷺ  гIемер гьабулеб букIараб. Гьеб дугIа ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналдаги рехсана.

СубхIанака аллагьумма вабихIамдика ашгьаду алла илагьа илла анта астагъфирука ва атубу илайка гIодов чIараб бакIалдаса вахъунаго абуни, гьенир ккаралщинал мунагьал чурула.

Аллагьума инни асъалука мин фужаатил хайри ва агIузубика мин фужаати шшари абураб гьаб дугIа аварагас ﷺ  радал-къаси цIалулаан ва абулаан нилъеда лъаларин радал-къаси щиб тIаде бачIунебали.

Садакъа кьолеб мехалъ абила: «Раббана такъаббал минна иннака анта ссамигIул гIалим», – ян.

Зоб гъугъайдал абила: «СубхIана ллази юсаббихIу ррагIду бихIамдигьи вал малаикату мин хифатигьи», - абун.

Пири пирхулеб мехалда абила: «Аллагьумма ла такътулна бигъазабика ва ла тугьликна бигIазабика ва гIафина къабла залик», - ян.

ЦIад балеб мехалъ абила: «Аллагьумма сакъян гьаниан ва саййибан нафигIан», - абун.

Ургъалилъе ккедал абила: «Лаилагьа илла анта субхIанака инни кунту мина ззалимин», - абун.

Цо иш захIмалъараб мехалъ абила: «Ва уфаввизу амри ила ллагь инна ллагьа басирун билгIибад».

ХIинкъараб мехалъ абила: «ХIасбияллагьу ва нигIмал вакил», - абун.

Радалги къасиги абила: «Разиту биллагьи раббан ва бил ислами динан ва би МухIаммадин ﷺ  набияян».

МатIуялъуве валагьидал абила: «АлхIамдулиллагьи ллази савва халкъи фагIаддалагьу ва жагIалани минал муслимин».

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...