Аслияб гьумералде

Аварагасги ﷺ гIакълу дандбалаан

Аварагасги ﷺ гIакълу дандбалаан

Аварагасги ﷺ гIакълу дандбалаан>

Аварагас ﷺ живго чIаго вугеб мехалъ хIадисал хъвазе изну кьун букIанищ?

Байбихьуда Аварагас ﷺ хIадисал хъвазе гьукъун букIана, Къуръанги хIадисалги цоцалъ журачIого рукIине. Цинги хасал гIадамаздалъун Къуръан щибжояли тIубанго батIа-бахъизе лъараб, хIадисгун гьеб жубазе хIинкъиги хутIичIеб мехалъ, Аварагас ﷺ изну кьуна хIадисалги хъвазе. Изну кьун течIо, гьел хъваян амруцин гьабуна.

АсхIабзабаз гьикъидал: «Я Аллагьасул Расул, дудаса бачIараб щибаб жо хъвазе бегьулищ?» - абун, Аварагас ﷺ абуна хъваян. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 25-26).

 

Кинаб шагьаралъе МухIаммад Аварагас ﷺ ва кинаб шагьаралъе Ибрагьим аварагас ﷺ баракат гьарараб?

МухIаммад аварагас ﷺ Мадина шагьаралъе баракат гьарана. Ибрагьим аварагас Макка шагьаралъе баракат гьарана. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Я дир Аллагь, Дуца нижер гьаб шагьаралъул пихъалдаги баракат лъе, нижер сахIалъулъги баракат лъе, нижер мудалъулъги баракат лъе. Я дир Аллагь, хIакълъунго, Ибрагьим Дур лагъги вуго, дур хасав гьудулги вуго, дур аварагги вуго. ХIакълъунго, дунги Дур лагъги аварагги вуго. Гьес Дуда гьарана ва дугIа гьабуна Макка шагьаралъе, Дуда дица гьарула Мадинаялъе гьес Маккаялъе гьараралда релълъарабги, гьедигIан тIадеги баракат». (Муслим).

 

Аллагьасул Расулас асхIабзабазулгун гIакълу дандбалеб ва гьезул пикру къабул гьабулеб букIанищ?

Аллагьасул рахъалдаса вахIюлъун рещтIарал ишазулъ Аварагас ﷺ гIакълу дандбалароан. ХутIарал ишазулъ гьес асхIабзабазулгун гIакълу дандбалаан, гьезул пикруялъухъ гIенеккулаан. Гьезулгун мушавара гьабеян абураб магIнаялда Къуръаналъул аяталги руго. Гьес, мушавараги гьабун, ХIаббаб бину Мунзарица бихьизабураб бакIалда, Бадруялда, жиндирго аскар рещтIинабуна, жиндаго ракIалде ккун букIараб бакIалда течIого. Капуразул гIемерал къокъаби Мадинаялда тIаде кIанцIизе гIагарлъараб мехалъ Аварагас ﷺ асхIабзабазулгун мушавара гьабуна ва Салманул Фарисияс Мадина сверун хандакъ бухъеян абидал, гьеб лъикIаблъун бихьун, хандакъ бухъана. Аллагьас кинабго жо гьесда лъазабизе ресги букIаго гьес мушавара гьабиялъе хIикмат щибин абуни, гьеб букIана хадусеб умматалъе дарс букIине, гьелги кидаго мушавара гьабулеллъун рукIине бугеб мисал.

 

Аварагасул ﷺ хасаб ретIел букIанищ гIицIго рузман къоялъ гурого ретIулареб?

Жабир-асхIабас бицана Аллагьасул Расуласул ﷺ тIасан ретIулеб гIурччинаб ретIел букIанила рузманалъулги кIиябго гIидалъулги къояз жиб ретIулеб (Байгьакъи). Аллагь разилъаяй ГIаишатицаги абуна: «Аллагьасул Расуласул ﷺ хас гьабун рузман къоялъ ретIунеб ретIел букIана, рузманалдаса гьев вачIараб мехалъ нижеца гьеб нахъе сукIулебги букIана», - ян («Танбигь»).

 

ТIадегIанав Аллагьас Авараг ﷺ веццарал цо-цо аятал рехсани бокьилаан.

ТIадегIанав Аллагьас Авараг ﷺ веццарал аятал Къуръаналда нус-нус руго. Гьездасан ккола: «Аллагьас мун тIолго гIаламалъе рахIматлъун витIана», - ян абураб магIнаялда бачIараб аят. Гьединго гьездасан буго: «Мун цIакъ кIудияб тIадегIанаб гIамал-хасияталда вижарав вуго», - абураб магIнаялда бачIараб аят. Гьединго ккола: «Дица дур рехсей (халкъалъ дур бицен гьаби) тIадегIан гьабуна», - ян абураб магIнаялда бачIараб аят.

 

Щай Авараг ﷺ лъабго къоялъцин гIорцIизегIан чедцин кваначIого чIолев вукIарав?

Гьес ﷺ тIатIалаго лъабго къоялъ пурчIинадул чедцин кваначIо. Къойил квананиги гьелъие Аварагасул ﷺ ресги букIана, амма мискин-пакъирзабазул ургъелги гьабун, жиндиего течIого гьезие кьеялъ, гьес тIатIалаго лъабго къоялъ пурчIинадул чедцин кваначIо. ГIемерисеб гьесул квен чамасдакги лъимги букIунаан.

 

Кинаб гьоркьоблъи Аварагас ﷺ гьабулеб букIараб мунапикъзабазулгун?

Мунапикъзаби абула тIасан кIалалъ исламги босун ракIалъ инкаралда ругел гIадамазда. Аварагас ﷺ гьезулгун, цогидазулго гIадин, тIасахун хIал рекъезабулаан, гьоркьоблъиги гьабулаго жавабияб бакIалда гьел толароан, гьезда божилъиги гьабун. Амма мунапикъзабазе ахираталда букIунеб гIазабалъулги бицунаан. Къуръаналда бицун буго гьел жужахIалъул бищун гъоркьияб тIалаялда рукIунин абун.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...