Аслияб гьумералде

Бичасул аварагасул ﷺ цIарал

Бичасул аварагасул ﷺ цIарал

Бичасул аврагасул ﷺ руго гIемерал цIарал. Тасаввуф гIелмуялъул гIалимзабазул цо бутIаялъ абуна БетIергьан Аллагьасул бугин азарго цIар. Гьединго Бичасул аварагасулги ﷺ бугин азарго цIарилан абун. Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда Бичасул аварагас ﷺ абуна: «Къуръаналда дир цIар МухIаммад ﷺ буго, Инжилалда - АхIмад, Тавраталда - УхIид. Гьеб цIарги дие кьуна жужахIалдаса гIадамал дица цIунулел рукIиналъ», - ян.

Имам ал-Бажурияс «ХIашияту шамаил» абураб тIехьалда хъвалеб буго:

– Алажаналъул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулкарим буго.

– ЖужахIалъул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулжаббар буго.

– ГIаршалъул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулхIамид буго.

– Цогидал малаикзабазул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулмажид буго.

– Аварагазабазул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулвагьаб буго.

– ШайтIабазул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулкъагьар буго.

– Жундузул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдурахIим буго.

– МугIрузул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулхаликъ буго.

– Авлахъазул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулкъадир буго.

– Ралъадазул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулмугьаймин буго.

– ЧчугIбузул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулкъудус буго.

– ХIутI-хъумуралъул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулгъияс буго.

– ГIалхул жанаваразул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдурразакъ буго.

– Хъурмазул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдуссалам буго.

– Цогидал хIайваназул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулмуъмин буго.

– ХIанчIазул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIабдулгъафар буго.

– Тавараталда Бичасул аварагасул ﷺ цIар Мууз Мууз, ай лъикIав ва лъикIав буго.

– Инжилалда Бичасул аварагасул ﷺ цIар ТIаба ТIаба буго.

– Аллагьасдасан рещтIарал цогидал тIанчазда Бичасул аварагасул ﷺ цIар ГIакъиб буго.

– Забуралда Бичасул аварагасул ﷺ цIар Фарукъ буго.

– Аллагьасул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар ТIагьа ва Ясин буго.

– Муъминазабазул агьлуялда гьоркьоб Бичасул аварагасул ﷺ цIар МухIаммад буго.

«Васаилул вусул ила шамаили Ррасул» абураб тIехьалдаса

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...