Аслияб гьумералде

МутIигIлъулареб варани

МутIигIлъулареб варани

МутIигIлъулареб варани

Маликил вас Анасидасан бицана: «Ансариязул цо хъизамалъул букIана лъим баччиялъе хIалтIизабулеб варани ва цо заманалдасан гьеб мутIигIлъулареблъун лъугьана, жинда тIад чи рекIине толароан, къайи лъезе чIолароан, гIадамазде багъулаан.

 

Вараниялъул бетIергьабаз Аварагасухъе ﷺ щведал гIарз бахъана варани мутIигIлъулеб гьечIилан ва хур-гъветI, лъим гьечIого, бакъвалеб бугилан. Аварагас ﷺ жиндаго аскIор рукIарал асхIабзаби цадахъ рачана ва ана варани бугеб чалиялъухъе. Гьенире щведал, ТIагьа ﷺ чалиниве лъугьана, гьениб, бокIнидеги буссун, вараниги букIана. Халкъалъул Хирияв ﷺ вараниялде тIаде лъугьиндал гIадамаз гьесде абуна: «Я Бичасул Расул! Гьеб гьагаб гьой гIадин лъугьун буго, гьелъ дуе зарал гьабизе гурин!» - абун. Аварагас ﷺ жаваб гьабуна гьелъ жиндие зарал гьабизе гьечIилан. Гьеб мехалъ варани Аварагасул ﷺ рахъалде балагьана, гьев вихьигун гьеб гьесде данде бачIана ва, гьесда цебеги чIун, сужда гьабуна. Халкъалъул Хирияс ﷺ гьелъул надалда тIад квер лъуна, гьелдаса нахъе варани цебе кидаго букIинчIеб хIалалъ гIодобе биччараблъун лъугьана ва кинабго хIалтIи гьабизе байбихьана. Гьеб мехалъ асхIабзабаз абуна: «Я Бичасул Авараг! Гьаб гIакълу гьечIеб хIайваналъ дуе сужда гьабуна, ниж гьелдасаги мустахIикъал руго дуе сужда гьабизе!» - ян. Аварагас ﷺ гьезие жаваб гьабуна: «Инсанас инсанасе сужда гьабизе бегьуларо, бегьулебани дица амру гьабилаан чIужуялда росасе сужда гьабейилан – гьедигIан кIудияб хIакъ букIиналъе гIоло гьесул. Дир нафс кодоб бугев АллагьасхIаги, росасул тIоноцIалдаса хIатIазде щвезегIан тIубараб черхалдаса баккулеб нажасаб рецIцI бугони, гьеб чIужуялъ чIикIаниги, гьелъ гьесул хIакъ тIубан бахъунаро», - ян (АхIмад ва Насаи).

 

Вараниялъул зигара

ЖагIфарил вас ГIабдулла-гьидасан бицана: «Цо къоялъ Аварагас ﷺ дун жиндаго цадахъ вараниялда рекIинавуна ва ниж цадахъ унаго гьес дида бицана цо балъгояб хабар, дица гьеб абадиялъ лъиениги бицинаро.

ХIажат тIубалелъул гьесие бокьулаан гьелъие хIадурараб бакIалда яги гъутIбузда гьоркьоб гьеб биххизе. Гьеб мурадалъ гьев ансариясул сверун къед бараб чолониве лъугьиндал, гьесде данде бачIана варани ва зигардиялъул гьаркьал гьаруна. Гьелъул бадиса чвахулеб букIана магIу. Аварагас ﷺ гьелъул мугъ ва гIундузда нахъбакI лъулъана, гьебги гIодобе биччана.

Аварагас ﷺ гьеб вараниялъул хважаин цIехедал, ансариязул гIолохъанчи вачIана ва абуна гьеб жиндир бугилан. Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Мун хIинкъуларищ Аллагьасдаса, гьаб вараниялъул хважаинлъун мун гьавурав!? Гьаб диде зигардана дуца жиб бакъизабулеб ва гIемер хIалтIизабулеб бугилан», - абун (Ибну Мажагь Муслим).

 

ГIали МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...