Аслияб гьумералде

ЧIухIи гьечIев вукIана

ЧIухIи гьечIев вукIана

ЧIухIи гьечIев вукIана

Аллагьасул Расул ﷺ вукIана кванаялъулъги гьекъеялъулъги дагьалда гIей гьабун чIолев чи. Гьесул букIинчIо чарагьечIеб гурони къадар ратIлилги кванилги. Жиндиего хIажаталдаса цIикIкIараб гьес цогиязе кьолаан.

 

РетIунеб ретIелги букIана гIадатияб. ГIемерисеб мехалъ букIана хъачIаб ххамил тIасан рехулеб халгIат гIадаб жо. ХъачIаб ретIиялдалъунги гьес ﷺ жиндир Аллагьасда ﷻ цебе бугеб гIодобегIанлъи ва бугелда гIей гьаби бихьизабулаан.

Умму Салматица бицун буго: «Аллагьасул Расуласул ﷺ бищун бокьулеб ретIел букIана къамис (къвалалги чунтбиги ругеб халатаб ретIунеб жо)», - абун (Абу-Давуд). Аварагас ﷺ къамис ретIулеб букIана халгIаталда яги цоги тIасан гъуждузде рехулеб ратIлида гъоркьан. Гьебги букIунароан квасул гьабураб. Цо-цо баяназда хъвалеб буго къвалал рукIанин кверзул килщазде щолеб халалъиялъул, жибго къамисалъул халалъи букIанин хIатIихинкIидаса дагьаб тIадегIан арабин абун. РетIел яги хьит ретIулелъул кваранаб рахъалдасан байбихьулаан.

Анас ибну Маликидаса бицун буго Аварагасул ﷺ цоги бокьулеб ретIелалдаса букIанин багIараб куналъ берцин гьабун къачIараб Йеменалъул квасквасул гьабураб ретIел абун (Муслим).

Имам ШагIранияс «Кашфул Гъумма» абураб тIехьалда хъван буго Аварагасул ﷺ бацIцIадаб гIурччинабги гуреб, гIурччинкьералъул куналъ берцин гьабун къачIараб кIиго ретIел букIанин.

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддиналда» рехсон буго Аварагасе ﷺ бокьулаанин гIурччинаб кьералъул партал абураб хIадис. Къатадидаса, имам Байгьакъияс бицун буго: «Цо нухалъ Анас ибну Маликгун дун пуланаб бакIалде ралагьун къватIире рахъана. Сверухъ гIемер гIурччинлъи бихьидал дица гьаракь борхун ахIана: «Сверухъ кинабго гIурччинго бугеб мехалъ бугеб берцинлъи балагье», - абун. Цинги Анасица абуна: «Аварагасе ﷺ бищун бокьулеб кьер гIурччинаб букIанин абураб пикруялда ниж киналго тIадрекъарал рукIана», - ан.

Абу ЖухIайфатидаса бицун буго: «Дида Авараг ﷺ вихьана (къо-лъикI гьабиялъул хIежалъул заманалда Маккаялъул къватIахъ) ва гьесда букIана багIараб кьералъул партал (гъоркьияб – тIажу, тIасияб – плащ), гьесул накабаздаса гъоркьехун, махIабазул рахъ пирхулеб пири кинниги кенчIолеб букIана», - абун (Тирмизи).

Ибну ХIажарица «Тарих» абураб тIехьалда рехсон буго: «Аллагьасул расулас ﷺ жиндир ясазул бутIрузда чIвалеб букIана батIи-батIиял дарайдул кIазал», - абун (ибну ГIумар).

Гьеб дарайдул ратIлидеги кIвар кьолаан Аварагас ﷺ. Амма бихьиназда ретIун бихьидал, тIаса бахъейин абулаан. Бихьиназе гьеб хIарам гьабураб букIиналъе гIоло («Муснад»).

РетIулеб ретIелги хирияб букIунароан. Басрияб ретIинеги нечолароан. Кайлат бинту МахIрамат абурай асхIабалъ бицун буго: «Дида вихьана Авараг ﷺ, гьесда ретIун букIана цоялда тIасан цояб кIиго басрияб ретIел», - абун.

ГIаишатица бицун буго: «Цо нухалъ Авараг ﷺ рокъоса къватIиве ана ва гьесда букIана чIегIераб расалдаса гьабураб плащ (хъачIаб ххамалъул)», - ин (Муслим).

Цо нухалъ Абубакар-асхIабасул яс Асмаица босун бачIана гужгат. ХалгIаталъул рагIаллъаби рукIана дарайдул чIоло бан берцин гьабун букъараб. Кисаялдаги бихьулеб букIана дарайдул ххамалдаса бараб гьитIинабго рукъи. Асмаица абуна: «Гьаб буго Аллагьасул Расуласул ﷺ букIараб гужгат. Гьаб цIунун букIана ГIаишатихъ, гьей хведал дица дихъего босана. Аварагас ﷺ гьаб гIемер ретIулаан. Нижер щив вугониги унтани, нижеца гьабги чурун лъим кьола унтарасе гьекъезе сахлъи гьабиялде хьулгун (гьедин гьабиялдалъун баракат ва Авараг ﷺ жинда хъвараблъун гьаб букIиналдалъун Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабун)», - ин (Муслим).

 

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...