Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Аварагасул  гIумруялдаса суалал

1. Аварагас эбелалъул ургьиб чан моцI бан хадуб гьесул эмен хварав?

Эмен хведал, Аварагасул эбел, гьев гьавизе кIиабилеб моцIалда йикIана. («Нурул якъин», гь. 14).

2. Авараглъун витIизегIанго Аварагасул тIокIцIар щиб букIараб?

Авараглъи кьелалде МухIаммадил тIокIцIар букIана «Амин» абураб, гьесул ритIухълъи ва лъикIал тIабигIатазе гIоло. («Нурул якъин», гь. 25).

3. Балъго Исламалде ахIулеб заманалда гьеб дин чан чияс босараб?

Балъго Исламалде ахIулеб мехалъ, Ислам 40 чияс босана. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 106).

4. Хадижат хун хадуб Аварагас тIоцее щий ячарай?

Хадижат хун хадуб, Аварагас ячана ЗамгIатил яс Савдат. («Нурул якъин», гь. 69).

5. ТIоцебе Аварагасе керен лъица кьураб?

Авараг хахарай тIоцеесей гIадан йикIана Сувайбат. («Нурул якъин», гь. 15).

6. Чан нухалъ малаикзабаз Аварагасул керен ссун ракI бахъараб?

Малаикзабаз Аварагасул керен ункъо нухалъ ссуна. («АльАнварул МухIаммадия»).

7. Кида Аварагасул эбел хварай?

Аварагасул эбел хвана гьес анлъго сон тIубайдал. («Нурул якъин», гь. 17).

8. Эмен хведал тIоцебе Аварагасул тIалаб лъица гьабураб?

Эмен хун хадуб Аварагасе къайимлъи гьабуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 70).

9. Аварагасул кIудияв эмен ГIабдулмутIалиб кида хварав?

ГIабдулмутIалиб хвана Аварагас микьго сон байдал. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 70).

10. ГIабдулмутIалиб хун хадуб Аварагасе къайимлъи лъица гьабураб?

ГIабдулмутIалиб хун хадуб Аварагасе къайимлъи имгIал АбутIалибица гьабуна. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь.70).

11. ВахIю гьабун Аварагасде тIоцере кинал аятал рещтIарал?

ВахIю гьабун Аварагасде тIоцебе «аль-ГIалакъ» сураталъул цересел аятал рещтIана. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 95).

12. ТIоцебе Ислам лъица босараб?

ТIоцебе Ислам босана Аварагасул лъади, Хувайлидил яс Хадижатица. («Нурул якъин», гь. 37).

13. Лъималазда гьоркьоса тIоцебе Ислам лъица босараб?

Лъималазда гьоркьоса тIоцебе Ислам босана АбутIалибил вас ГIалица, гьесулги букIана анцIго сон. («Нурул якъин», гь. 37).

14. Бихьиназул тIоцебе лъица Ислам босараб?

Абубакарица. («Нурул якъин», гь. 38).

15. Лагъзадерил тIоцебе Ислам лъица босараб?

Билалица. («Фазаилул ХIабиб»).

16. Авараглъиялъул байбихьуда Аварагас чан как балеб букIараб?

Авараглъиялъул байбихьуда Аварагас кIиго как балаан, радалги къасиги кIи-кIи ракагIат. («Ар-РахIикъул махтум», гь. 77).

17. Паризаяб как кидал тIадаблъун гьабураб, как балеб къагIида лъица малъараб Аварагасда ?

Паризаяб как тIадаблъун гьабуна МигIражалъул сордоялъ, ХIабашиялде гьижра гьабун хадуб ва Мадинаялде гьижра гьабилалде. Как балеб къагIида Аварагасда малъана ЖабрагIил малаикас. («Ар-РахIикъул махтум», гь. 77).

18. ТIоцере бусурбаби балъго данделъулеб бакI лъил рокъоб букIараб?

Абу-Аркъамил вас Аркъамил рукъ букIана. («Фикъгьу сиратиннабавиягь», гь. 106).

19. АбутIалиб кида хварав?

АбутIалиб хвана МухIаммадие авараглъи кьун анцIго соналдаса. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 146).

20. Хадижат кида хварай ва чан сон гьелъул букIараб?

Хадижат хвана МухIаммадие авараглъи кьун анцIго соналдаса, 65 сон гIумруялъулги бан. («Ар-РахIикъул махтум», гь. 120).

21. ТIоцебе Мадинаялде гьижра лъица гьабураб?

ТIоцебе гьижра гьабуна Абусаламатица, жиндирго чIужугун ва васгун цадахъ. («Ар-РахIикъул махтум», гь. 159).

22. Къурайшиял Савр нохъоде гIагарлъидал Аварагас Абубакарида щиб абураб?

Аварагас абуна: «Абубакар, мун хIинкъуге, нилъ кIияздаго цадахъ Аллагь вуго», - ян.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...