Аслияб гьумералде

Аллагьасул расулас махсаро кин гьабулеб букIараб?

Аллагьасул расулас   махсаро кин гьабулеб букIараб?

Аллагьасул расулас асхIабзабазул ракIал лъикI гьаризе гьоркьо-гьоркьоб махсаро гьабулаан. Махсаро гьабуниги хIакъаб гурого абулароан, ва чи гIодовегIан гьавулеб махсароги гьабулароан.

Цо херай гIаданалъ гьесда абуна: «Аллагьасде гьаре дун алжаналде йитIеян» - абун, гьес абуна херал гIадамал алжаналде унарилан. Гьей гIадан гIодизе лъугьана. Хирияс гьелда абуна: «Алжаналде унеб къоялъ мун херго йикIунаро гIолохъанго йикIуна» - ян. Цоги чIужугIадан ячIана гьесухъе мун дир росас ахIулев вугин абизе. Хи-рияс абуна: «Бералда жаниб хъахIлъи бугев чи гурищ дур рос?». Гьелъ абуна: «ГьечIо дир росасул бералда жаниб хъахIлъи» - абун.

Цоги биценалъулъ буго гьей инеги ун росасул беразде якканилан. Хирияс абураб хъахIлъиялдаса мурад букIана киналниги гIадатиял гIадамазул беразда букIунеб хъахIлъи. Цоги херай чIужугIаданалъ абуна: «Я Аллагьасул Расул дун вараниялда рекIинае» - ян. Хирияс абуна: «Нижеца мун вараниялъул тIинчIалда рекIинайизе йиго». Гьелъ абуна: «Вараниялъул тIинчIалъ дун кин яччулей» - абун. Хирияс абуна: «Кинабниги варани вараниялъул тIинчI ккола» - ян.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...