Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ махсара гьаби

Аварагас ﷺ махсара гьаби

Аварагас ﷺ махсара гьаби

Махсара кин гьабилебалиги бицун буго шаригIаталъ. Хасго гьелъие мисал бихьизабуна Аварагас . Аварагас махсара гьабуна, амма чиясул хIукъукъалги къадру-къиматги цIунун.

 

МухӀаммад аварагас ﷺ агьлу-хъизамалъеги, цогидазеги махсара гьабулаан, амма кидаго битӀараб бицунаан. ГIемерисеб мехалъ Аварагас ﷺ махсара гьабулаан лъималазе. Махсара гьабулелъулги гьес берал къанщулаан.

Анас ибн Маликица бицухъе, Аварагас ﷺ гьесда абулан: «Я, кӀиго гӀин бугев», - ян. Гьелъул магIна букIана кӀвар кьун гӀенеккулев ва кинабго ракӀалда чIезабулев чи гьев вугин аби. Гьебги букӀана гьесие гьабулеб рецц.

Гьаб хӀадисалъ бихьизабуна Аварагас ﷺ жиндирго асхӀабзабазе махсара гьабулеб букӀин. Бегьулелде гъорлъе ккола шаргӀалъул гӀурхъаби рахунареб ва цогидазе зарал гьечIеб махсара. Гьоркьоса къотӀичӀого махсарабиги гьаризе бегьуларо, гьелъ ракӀ биццат гьабизе рес буго.

Анас ибну Маликица бицана: «Аллагьасул Аварагас ﷺ нижергун махсара гьабулаан. Цо къоялъ гьес дир гьитӀинав вацасда абуна: «Я, Абу ГӀумайр, хIинчIалъе дуца щиб гьабураб?» - ян.

Имам Тирмизияс абуна: «Гьеб хӀадисалдасан бичIчIула Аварагас ﷺ махсара гьабулеб букӀараблъи. Васасдехун вуссун Аварагас ﷺ тӀокӀцӀаралдалъун хитӀаб гьабуна Абу ГӀумайр абун. Гьединго хIадисалъ баян гьабуна лъимадухъе гьитӀинабго хӀинчӀ кьезе бегьулеблъи, гьелъие васас зарал гьабулеб гьечIони. Амма зарал гьабулеб бугони, кьезе бегьуларо, рухIчIаголъабазе зарал гьабизе хӀарамаб бугелъул. Аварагас ﷺ гьесда абула: «Я, Абу ГӀумайр, щиб дуца хIинчIалъе гьабураб?» - ян. Гьедин абиялъе гIиллаги букIана васандулаго гьесухъа хIинчI хун букIин. Вас къварилъун лъугьиндал, Аварагас ﷺ абула: «Я, ГIумайр, щиб дуца хIинчIалъе гьабураб?» - ян.

Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Гьез (асхӀабзабаз) абула: «Я, Аллагьасул Расул ﷺ, дуца нижергун махсарайищ гьабулеб», - ян. Гьес абула: «У, амма дица гӀицӀго битӀараб гурони бицунаро», - ян.

АсхӀабзабаз гьеб суал кьеялъе чанго гIиллаги буго. Масала, асхӀабзабазе бокьула махсара гьаби аварагзабазул хасият бугищали лъазе. Цоги, асхӀабзабаз гӀажаиблъи гьабула Аварагас ﷺ махсара гьабиялда ва гьезда кколаан аварагзабаз махсараго гьабулеб батиларин абун.

«Вацгун дагӀбадуге, гьесие махсара гьабуге, кквезе кIолареб рагӀи кьоге», - ян абураб хIадисалъ бихьизабулеб буго гӀорхъодаса араб ва гIемер гьабулеб махсараялъ ракI чIунтIиялде рачине бегьулеблъи.

 

 

 

 

хIадис

Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Гьез (асхӀабзабаз) абула: «Я, Аллагьасул Расул ﷺ, дуца нижергун махсарайищ гьабулеб», - ян. Гьес абула: «У, амма дица гӀицӀго битӀараб гурони бицунаро», - ян.

 

 

 

 

ГӀабдуллагь абулев гIалхун гIарабияс Аварагасе ﷺ сайгъатал кьуна. Цо къоялъ гьоцӀоги нахги босун вачӀуна гьев ва абула: «Я, Аллагьасул Расул ﷺ, дуца дие гӀарац кье», - ян. «ГӀабдуллагьица сайгъаталъухъ гIарац тIалаб гьабулеб буго», - янги абун Авараг ﷺ гьимула ва кколеб гӀарац кьола.

ХIасанидасан бицана: «Цо херай гӀадан ячӀуна Аварагасухъе ﷺ ва абула: «Я, Аллагьасул Расул, дуца дие дугӀа гьабе, Аллагьас ﷻ дун алжаналде лъугьинайизе», - ян. Гьес абула: «Я, эбел! Херал руччаби алжаналде лъугьунаро», - ян. Гьей нахъе уна магIил бералги цIун. Аварагас ﷺ абула гьелда абейин, херал руччаби гIолохъанлъулин ва цинги унин алжаналдеян.

Цо-цояз абуна «херай гӀадан» Аварагасул ﷺ ункъгIал Сафият бинт ГӀабдулмутӀалиб йикIанинги. «Я, эбел! Херал руччаби алжаналде лъугьине гьечӀо» абурал рагӀаби рукIана махсара гьабун абурал. Херал руччаби гӀолохъанлъизеги гIолохъанлъун лъугьине ругелъул алжаналде. Абула гьезул лъебералда лъабго сон букӀине бугиланги.

Цере рукIарал салафу-салихIуназги махсара гьабулаан. Абула ГӀалицаги махсара гьабулаанин абун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...