Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ хвалчаби

Аварагасул ﷺ хвалчаби

Аварагасул ﷺ хвалчаби

МухIаммад ибн Сиринидасан бачIараб хIадисалда буго: «Дица гьарана Сумрат ибну Жундубил хвалчада релълъараб хвалчен гьабе диегиян. Щайин абуни, Сумратица бицун букIана жиндие гьеб хвалчен гьабун букIанин Аллагьасул Расуласул ﷻ хвалчадаги релълъинабун абун» (Тирмизи).

 

Аварагасул ﷺ цо хвалчада абулаан ХIанфияб абун. Бану ХIанифа абураб къавмалъул махщелчагIаз гьабураб букIиналъ.

Имам Тирмизияс Анас бин Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул Расуласул ﷺ хвалчадул тIагъиялда тIад бугеб жо (гIоркьалдаса хъущтIун хвалчадул балалдехун квер инчIого букIинелъун гьабураб) букIана гIарцул», - ян.

Гьединго, ЖагIфар ибну Садикъидасан бицун буго: «Аллагьасул Расуласул ﷺ хвалчадул лъелалъул рагIаллъи, тIасияб рахъалда бараб гургинлъи ва носол балалъул рахъалдасан гъоркьияб рагIалда бараб (гарда) букIана гIарцул гьабураб», - абун (ибну СагIд).

Аварагасул ﷺ букIана жеги чанго хвалчен. Гьезул цоялда цIар букIана «ал-Маъсур» абун. Гьеб букIана Аварагасе ﷺ инсудаса ирсалъе щвараб.

БукIана «ал-Къазиб» абурабги.

«Ал-КъалагIий» абураб букIана КъалагIи абураб бакIалда гIумру гьабун ругел гIалхул гIарабияз сайгъат гьабун бачIараб хвалчен.

«Баттар», «ХIатфа», «Михзам», «Расуб», «ЛахIиф», «ХIуфар» абуралги рукIана хвалчаби.

«Зулфукъар» буго Аварагасул ﷺ хвалчабазул бищун машгьураб. Гьеб букIунаан гIемерисеб мехалда Аварагасда ﷺ цадахъ. Макка бахъулелъулги цадахъ букIана гьеб.

Бицен буго гьеб кколин Сулайман аварагасе Билкъисица сайгъат гьарурал анкьго хвалченалъул цояб. Цебеса цебе бачIун гьеб щун буго ГIас ибну Мунабагь абурав чиясухъе. Бадруялъул гъазаваталда бусурбабазда данде вагъулаго ГIали-асхIабас чIван вуго гьев. Цинги гъанимаялъе ГIалица босун буго гьеб ва кьун буго Аварагасухъе ﷺ.

Абул ХIасан Маданияс бицун буго, Зайд ал-Хайли абурав чи Мадинаялде жиндирго къокъагун вачIараб мехалъ, гьес сайгъат гьарурал рукIанин Аварагасе ﷺ «Михзам» ва «Расуб» абурал хвалчабиян.

Аварагасул ﷺ букIана «Самсамат» абурабги хвалчен. Гьеб Аварагас ﷺ сайгъат гьабуна Халид ибну СагIид абурав асхIабасе.

 

Хвалчаби мугIжизатал

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ МухIаммадил ﷺ авараглъи ритIухъ гьабиялъе хIужалъун, хвалчабазда хурхунги лъугьана мугIжизатал. Бадруялъул гъазаваталда ГIукашат ибну МихIсанил хвалчен бекана. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ ГIукашатихъе кьуна тIилил кесек ва абуна: «Гьалдалъун кьабе», - абун. Хадуб гьесул кодоб тIилил кесек лъугьана бал щулияб, рекIараб, халатаб, хъахIаб (маххул) хвалченлъун. Гьелдалъун вагъана ГIукашат Бадруялда бусурбабаз бергьенлъи босизегIан.

Хадубккун хвалчен хвалченлъун хутIана. Ва гьебгун ГIукашатица гIахьаллъи гьабуна, Авараггун ﷺ цадахъ, УхIуд, Хандакъ ва цогидалги гъазаватазда. ГIукашат вукIана куц-мухъ берцинав гIолохъанчиги. Гьеб хвалчада лъунги букIана «ГIавну» (кумек) абун цIарги. Абубакар-асхIабасул заманалда дин таразда данде шагьидлъизегIан вагъана ГIукашат гьеб хвалченгун.

УхIудалъул гъазаваталда ГIабдуллагь ибну ЖахIшихъеги кьуна Аварагас ﷺ чамасдакIалъул гъотIол гIаркьел ва гьебги лъугьана хвалченлъун.

 

Хучдул

«Ал-Кабаир» абураб хIадисазул тIехьалда имам ТIабаранияс рехсолеб буго Аварагасул ﷺ букIанин къокъабго хечиланги. ГIемерисеб мехалъ гьеб Аварагас ﷺ гъажалда лъун цадахъ баччулебги букIун буго. Мажгит, мина гуреб яги къед, хIуби гIадаб цебе жо гьечIеб бакIалда как балелъул, хеч къазабулеб букIун буго цебе, цинги гьеб лъугьунаан сутрат хIисабалда. Вилълъанхъулелъулги цо-цо мехалъ хочодаги ваччун вилъунаан.

Цоги рукIана Аварагасул ﷺ батIи-батIиял гIиллабазе хIалтIизарулел хучдул.

Ибну ГIабасица бицун буго: «Аллагьасул Расуласул ﷺ хеч букIана чIегIераб кьералъул, байрахъ абуни - хъахIаб кьералъул», - ян (Тирмизи).

Имам ТIабаранияс тIаде жубана, байрахъалда хъван букIанин: «Ла илагьа илла Ллагь, МухIаммад расулу Ллагь» абун. Байрахъалда цIарги букIана «ГIукъаб» абун.

Зубайр ибну ГIавамидасан бицун буго: «УхIудалъул гъазаваталда Аварагасда ﷺ ретIун букIана кIиго къолден. Рагъул кор боркьараб заманалда гьев ﷺ, борхалъи бугеб бакI балагьун, кьурде вахунев вукIана (бусурбабазда жив чIаго вугеблъи ва щибго лъугьун гьечIеблъи бихьизабизе). Амма (рагъулъ щварал ругънал ва тIад ретIарал къолденазул бакIлъиялъ) вахине кIвечIо.

Хадуб Аварагас ﷺ ТIалхIат ибну ГIубайдуллагьида гьарана (кьурде живго вахине кумек гьабизелъун) гIодов кIусайин, цинги гьесдаги ваччун вахана Авараг ﷺ кьурде. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ щурулеб дида рагIанин Зубайрица абуна: «ТIалхIатие тIалъана», - ян, ай ТIалхIатица гьабуна жиб сабаблъун Алжан тIалъулеб пишаян. Гьеб къоялъ тушбабазул чIораздаса ва хучдуздаса Авараг ﷺ жиндирго къаркъалаялдалъун цIунун ТIалхIатида щвана ункъогоялдасаги цIикIкIун гIуж (ругъун). УхIудалъул гъазават ракIалде щвезабулелъул Абубакар-асхIабас абулаан: «Гьеб къо тIубанго ТIалхIатие букIана», - ян.

 

Къолдаби

Аварагасул ﷺ букIана анкьго къолден. Гьезул цоялда цIар букIана «Затул Фузули» (тIокIлъиялъул бетIергьан) абун, гьедин абулаан халатаб букIиналъ. Гьеб Аварагасе ﷺ кьун букIана СагIд ибну ГIубадатица, Бадруялъул гъазаваталде живго къватIиве вахъунелъул. Гьеб къолденги ккола, Аварагас ﷺ жиндир агьлуялъе ягьудиясухъа лъеберго сахI пурчIинадул босараб мехалъ, гъоркьлъалие лъун букIараб.

Цогидал къолденазда абулаан: «Хирникъ», «Батраъ», «ВишахI», «ХIаваши». «Физзат», гьеб Аварагасе ﷺ щвараб букIана Мадинаялда гIумру гьабун рукIарал бану-КъайнукъагI абураб къокъаялъул ягьудиязухъа.

БукIана «Сугъдият» абурабги. Цо-цояз абула гьеб бугин Давуд аварагасул къолденин, Жалутилгун рагъ гьабизе унелъул жинца ретIунги букIараб.

 

АхIмад Къурбанов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


«ЦIидасан пикру гьабе…»


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...