Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Хадижат хун хадуб Аварагас ﷺ гьелде жиндирго рокьи кин загьир гьабулеб букIараб?

Хирияв Аварагас ﷺ Аллагь разилъаяй Хадижатил щибаб къойил бицунаан. Гьелъ жиндиего Ислам тIибитIизабизе гьабураб кумекалъул бицунаан. Гьелъул гьудулзабилъун рукIарал руччабазе сайгъат битIулаан, гьей жиндие бищун йокьулей йикIарайлъи жиндирго руччабаздаса бахчулароан. Жинда Аллагь разилъаяй ГIаишатица бицана: «Цо нухалъ Аварагас ﷺ рецц гьабун Хадижатил цIар бахъидал диде гъар-гъар бачIана ва дица гьесда абуна: «Щай дуе гьей хварай чIужуялъул бицун, дуе Аллагьас гьелдасаги лъикIай, берцинай чIужу кьун йигогури», - абун. Гьеб гьелъул жиндего бугеб ишара букIана. Аварагасул ﷺ гьелъ ццин бахъинабуна ва абуна:

«АллагьасхIаги, дие Гьес кьечIо гьей Хадижатидаса лъикIай чIужу. Гьелъ дида иман лъуна цогидаз лъечIеб мехалъ, цогидаз гIайиб чIвайдал гьелъ чIвачIо, дие кумек гьабуна боцIи-малалдалъул цогидаз махIрум гьавурав мехалъ. Аллагьас гьелдаса лъимал кьуна цоги руччабадаса кьечIеб мехалъ», - абун.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...