Аслияб гьумералде

Авараг ﷺ кIодо гьави

Авараг ﷺ кIодо гьави

Авараг ﷺ кIодо гьави

Аварагасде салават битIиялъул хиралъи нилъее баянаб жо буго. Гьабулеб гIамалалъулги гьелдаса бигьаяб батиларо, щайин абуни бокьараб гьабулеб гIамал жиндилъ ихлас батичIони Аллагьас къабул гьабулареб буго.

 

Салаватал руго батIи-батIиял мурадазе гIололъун цIалулелги. Гьединаздасан ккола: балагь-къварилъиялдаса цIунизе цIалулеб. Гьелъул сигъа буго: «Аллагьумма салли гIала саййидина МухIаммадин бикулли салатин тухIиббу ва юсъалла бигьи гIалайгьи фи кулли вакътин юхIиббу ан юсъалла бигьи гIалайгьи. Аллагьумма саллим гIала саййидина МухIаммадин, бикулли саламин тухIиббу ан юсъала ма бигьи гIалайгьи фи кулли вакътин юхIиббу ан юсалла ма бигьи гIалайгьи, салатан ва саламан даимайни бидавамика гIадада ма гIалимта ва зината ма гIалимта ва мильа ма гIалимта ва мидада калиматика ва азгIафа азгIафи залика. Аллагьумма лакал хIамду ва лака шшукру казалика гIала залика фи кулли залика ва гIала алигьи ва асхIабигьи ва ихванигьи». Гьаб салават буго кIудияв имам ва аварагасул ﷺ наслуялъул чи, Сайид Муртаза МухIаммад бину МухIаммад Зубайдиясул «ИтхIафу садатил муттакъин» абураб тIехьалда рехсараб салават. Гьес абуна, гьаб салават 100 нухалъ битIарав чиясул улкаго хIинкъиялдаса цIунараблъун хутIулин.

Салаватги битIун гьабураб дугIаги нахъчIваларин, дунял-ахираталъул хIажатги тIубалила. Къиямасеб къоялъ нилъер аварагасде ﷺ бугеб гIагарлъиги хал гьабулила гIемер салават битIулездалъун.

Аллагьас ﷻ къабул гьабеги щивасул гIамал, тавпикъги гьабеги авараг ﷺ гIемер рехсезе.

 

Къурбан ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...