Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ цо-цо вакъигIатал

Аварагасул ﷺ цо-цо вакъигIатал

Аварагасул ﷺ цо-цо вакъигIатал

Мурратил вас ЯгIлаца бицана: «Дида Аварагасдасан лъабго мугIжизат бихьана: ниж гьесда цадахъ цо сапаралъ унеб мехалъ, ниж цо борхатаб, берцинаб вараниялда аскIосан унел рукIана.

 

Циндаго гьелда Авараг ﷺ вихьидал, гьеб данде бачIана ва гьесда цебе гIодоб бегана. Халкъалъул Хирияв ﷺ гьелда аскIов лъалхъана ва гьелъул хважаин цIехезе лъугьана. Хважаин тIаде щведал, Бичасул Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Гьаб варани жиндие биче», – йилан. Гьев чияс абуна: «Дица гьаб гьадинго кьела!» – ян. Аварагас ﷺ абуна: «Гьадинго къваригIун гьечIо, дуца гьеб дие биче», – йилан. Вараниялъул хважаинас цин: «Нижеца гьадинго кьела гьеб», – илан абуна ва хадуб тIаде жубана: «Гьеб цо хъизамалъул варани буго, гьеб гурони гьезул магIишатги гьечIо», - ян. Халкъалъул Хирияс ﷺ абуна: «Гьалъ диде гIарз гьабуна жиб гIемер хIалтIизе тIамулин ва дагьаб кваназабулин – нуж гьелдехун лъикI рукIа», - ян.

Гьенисан рахъун ниж церехун унел рукIаго, цо бакIалда рахIат босизе чIана Бичасул Авараг ﷺ ва гьенив кьижана. Цо заманаялъ жиндирго кьалбаз ракьги бихъизабулаго цо гъветI бачIана ва, халкъалъул тIаса вищарасде тIадеги къулун, букIараб бакIалде ана. Бичасул Авараг ﷺ макьидаса ворчIун хадуб дица гьесда бицана дидаго бихьараб гIажаибаб жо. Аварагас ﷺ дида абуна: «Гьеб гъветIалъ Аллагьасдаса ﷻ изну тIалаб гьабун букIана дие салам кьезе ва Аллагьас ﷻ гьелъие гьединаб изнуги кьуна», - ян.

Гьениса унаго цо лъим бугеб бакIалде щведал Аварагасде ﷺ данде ячIана, жундуца ккурав жиндирго васги вачун, цо гIадан. Бичасул Аварагас ﷺ гьев васасул мегIер ккуна ва абуна: «Ле Аллагьасул тушман! КъватIибе бахъа, дун вуго МухIаммад – Аллагьасул Расул», – илан.

Гьенисаги рахъун ниж нижерго нухда къокъана. Гьеб сапаралдаса тIадруссунаго ниж гьебго бакIалде щведал, нижеда дандчIвана дов васасул эбел, Аварагасе ﷺ рахьги босун, чанго кьарияб гIиги бачун ячIуней. Халкъалъул Хирияс ﷺ амру гьабуна гIиял гьей гIаданалъухъе тIадруссинареян ва рахь жиндирго асхIабзабазе кьуна. Аварагас ﷺ гьелда гьикъана васасул хIал щиб бугилан. Гьелъ жаваб гьабуна гьадин: «ХIакъаб динги босун мун витIарав АллагьасхIаги, духъе вачун хадуб, рахIат хвезабулеб щибниги жо нижер васасе ккечIо», - ян. (ТIабарани).

 

Адаб цIунулеб хIама

ГIаишатидасан бицана: «Аварагасул ﷺ агьлуялъул букIана гIалхул хIама. Бичасул Расул рокъов гьечIеб мехалъ гьеб цIакъ басандулаан, азбаралъуб цебе-нахъе бекердулаан, гIодобего биччалароан. Халкъалъул Хирияв ﷺ рокъове щвараблъи лъан хадуб, гьеб гIодобе биччалаан ва сихIтун чIолаан, Аварагасул ﷺ рахIат киданиги хвезабулароан», - ин (АхIмад).

 

 

ГIали МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...