Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ сира

Аварагасул ﷺ сира

Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?

 

Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе кколеблъи лъазаби.

Аллагьас цогидал аварагзабаздеги: Мусае, НухIие, ГIисае амру гьабун букIана гьижра гьабизе. Аллагьасе бокьана МухIаммад Аварагасулги ﷺ хIалбихьизе цогидал аварагзабазулго гIадин, гьесде тIаде батIи-батIиял захIмалъабиги рещтIинарун.

 

Щай Аварагас Мадинаялъул халкъалда «ансарал» абун цIар тараб?

Ансарал абула Мадинаялъул асхIабзабазда. ГIараб мацIалла «ансар» абулеб рагIул магIна буго «кумекчагIи», «рахъ кколел» абураб. МухIаммад Аварагасеги ﷺ Мадинаялде гьижра гьабурал гьесул асхIабзабазеги кинабго рахъалъ кумек гьабурал Мадинаялъул асхIабзабазда ансаралин абун гIадат билълъана, хIакъикъаталдаги гьез гьел цIунана ва кумек гьабуна бищунго захIматал къояз («МугIжамул-важиз»).

 

Кинаб рахъалде руссун бусурбабаз Исламалъул авалалда какал ралел рукIарал?

Мадинаялде гьижра гьабун хадуб, байбихьуда, бусурбабазе къиблалъун Байтул Мукъаддас букIана. Цинги, заманалдасан ТIадегIанасул амруялда рекъон, къиблалъун КагIба гьабуна. Гьелдаса хадур какал КагIбаялда гьумерги буссинабун разе лъугьана.

 

Къибла кин ва кида хисизабураб?

Мадинаялде гьижра гьабун хадуб, Аварагас ﷺ анцIила анлъго моцIрол болжалалда как бана Акъса мажгиталъул рахъалдехун вуссун. Гьеб букIана Аллагьасул илгьамалдалъун Мадинаялда ругел ягьудиял Исламалде цIаялъул мурадалда гьабулеб жо. Гьел гьелдалъун кантIичIо. Хирияв Аварагасеги ﷺ Аллагьас къибла КагIбаялдехун буссинабизе бокьун букIана. Цинги цо нухалъ какилъ рукIаго Аллагьасул аят рещтIана нужеца как балаго гьумер КагIбаялдехун буссинабеян абун. Гьел какилъго КагIбаялдехун руссана ва гьедин хутIараб какги КагIбаялдехун руссун бана. Гьелда хурхун рачIарал Къуръаналъул аяталги руго.

 

Авараг Мадинаялде щведал тIоцебе щиб гьабураб ва гьелъие гIилла щиб?

Мадинаялде щведал Аварагас ﷺ тIоцебе бана мажгит, щай абуни гьеб кколелъул дунялалда тIад исламияб жамгIият гIуцIиялъе бищун кIвар бугеб ишлъун ва шартIлъун. Гьенир ракIарулелъул щибаб къоялъ щуго нухалъ бусурбаби ва гьелдалъун гьезул цоцадехун гьоркьоблъи лъикIлъула ва гIемерал кIвар бугел суалал дандразе ва тIуразе рес щола.

 

Зирар абураб мажгит лъица бараб ва сундуе гIоло?

Мадинаялда гIумру гьабун вукIана Хазраж абураб къокъаялъул Абуамир абурав чи. Гьев вукIана ислам бачIиналде цеве насраниязул бетIерлъун, гьесул букIана кIудияб къадру жиндир къокъаялда гьоркьоб. Гьесие бокьулеб букIинчIо ислам хехго цебетIей ва киналго гIарабал Аварагасда ﷺ сверун цолъи. Гьединлъидал гьев гьездехун тушманлъиялда вукIана ва гьесул ишараялда рекъон бана гьеб мажгит. Гьеб баялдаса мурадги букIана, бусурбаби кIийиде рикьизари, исламалде данде гьарулел ишал дандразе мунапикъзаби данделъулеб бакIлъун гьеб мажгит букIине бокьи.

 

Зирар абураб мажгит баялъе кинаб гIилла бачунеб букIараб мунапикъзабаз?

Гьез гьелъие бачунеб сабаб букIана унта-щокъал, херал гIадамазе захIмат букIунин рикIкIад бугеб мажгиталде хьвадизеян абураб. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь»)

 

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...