Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Аварагасул   гIумруялдаса суалал

1. Авараглъи кьелалде пикрияб гIибадат гьабизе Авараг киве унев вукIарав?

Авараглъи кьелалде пикрияб гIибадат гьабизе Авараг Нур магIарда бугеб ХIираъ нохъоде унаан. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 92).

2. Хандакъ гъазаваталда бусурбабазул ва капурзабазул рикIкIен щиб букIараб?

Хандакъ гъазаваталда бусурбабазул вукIана 3000 чи, капурзабазул 10000 чи. («Нурул якъин», гь. 158).

3. Хандакъ гъазаваталда, тушбабазул ахIвал-хIал лъазабизе гьезул рахъалде Аварагас щив витIарав?

Хандакъ гъазаваталда, тушбабазул ахIвал-хIал лъазабизе, гьезул рахъалде Аварагас витIана Яманил вас ХIузайфат. («Нурул якъин», гь. 161).

4. «БайгIату Ризваналда» бусурбабазул чан чи гIахьаллъарав?

«БайгIату Ризваналда» бусурбабазул гIахьаллъана 1400 чи. («ШархIул Мафруз», гь. 34).

5. ТIаифалде аскаргун сапаралъ Авараг кида къватIиве вахъарав?

ТIаифалде Авараг къватIиве вахъана микьабилеб гьижрияб соналъул шаввал моцIалъ. («АрРахIикъул махтум», гь. 431).

6. Хайбаралъул хъала лъица бахъараб?

Хайбаралъул хъала ГIалиасхIабас бахъана. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гь. 359).

7. Муътат гъазаваталда «Аллагьасул хвалчен» абун тIокIцIар лъие кьураб?

Муътат гъазаваталда «Аллагьасул хвалчен» абун тIокIцIар Валидил Халидие кьуна. («Нурул якъин», гь. 208).

8. КагIбаялъул кIулал божилъи гьабун, Аварагас лъихъе кьурал?

КагIбаялъул кIулал божилъи гьабун Аварагас ТIалхIатил ГIусманихъе кьуна. («Ар-РахIикъул махтум», гь. 419).

9. Аварагасул ясал лъица рачарал?

Аварагасул ясал рачана ГIаффанил ГIусманица, АбутIалибил ГIалица ва РабигIил Абул ГIасица. («Нурул якъин», гь. 69).

10. Аварагасде Къуръан чан соналъ рещтIараб?

Аварагасде Къуръан рещтIана 23 соналъ. («ГIулумул Къуръанил Карим», гь. 28).

11. Аварагасул руччабазул гIарабияй гурей щий йикIарай?

Аварагасул руччабазул гIарабияй гурей йикIана Сапият. Гьей бану Исраилаздасан йикIана. («Ар-РахIикъул махтум», гь. 484).

12. Кинаб гъазаваталда Аварагасда ругъун лъураб ва лъица?

УхIуд гъазаваталда Аварагасда ругъун лъуна Абу-Вакъасил вас ГIутбатица, Шигьабил вас ГIабдуллагьица ва Ибну Къуматица. («Нурул якъин», гь. 137).

13. Маккаялъул агьлу Аварагас исламалде чан соналъ ахIараб?

Маккаялъул агьлу Аварагас исламалде ахIана 13 соналъ. («Фазаилул ХIабиб»).

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...