Аслияб гьумералде

МухIаммад аварагасул ﷺ рахIмат

МухIаммад аварагасул ﷺ рахIмат

МухIаммад аварагасул ﷺ рахIмат

Хириял диналъул вацал ва яцал, нилъеда киназдаго лъазе ккола Аллагьас анбияал, русулал ракьалде ритIичIеллъи, Аллагьасда аскIорги махлукъаталда аскIорги жал тIокI гьарун гурого. Цогидал анбияал-русулазул рахIмат жидер умматазда хаслъаниги, Аллагьас нилъер Аварагасул рахIмат гIамм гьабуна кинабниги гIаламалъего, Аллагьас бижараб махлукъаталъего.

 

Къуръаналда буго (магIна): «Жинца мун гIаламалъего рахIматлъун витIана», - абун. Къуръаналда абичIо бусурбабазе абун, муъминзабазе абун, абичIо гIадамазе абун, абуна гIаламалъегоян. Нилъеда лъала кин Аварагас ﷺ бецIлъуда букIараб гIалам нуралде бачарабали. Нилъеда лъала Аварагасул ﷺ рахIматалдалъун ГIумар-асхIаб - хъачIав, согIав чи - халкъалда гурхIулевлъун, ятимзабазда, мискинзабазда квер чIвалевлъун кин гьавуравали. Гьеб ккола Аварагасул ﷺ рахIматалдаса бутIа щвей.

Аварагасул ﷺ рахIмат кинабго гIаламалъе гIамлъиялъе гъветI-хералъул мисалги рехселин.

Аварагас ﷺ мажгиталъуб асхIабзабазе вагIза гьабулаанила чамасдакил гъотIол рохтиялде тIадеги вахун. Аварагасе ﷺ гьабун минбарги бачIун, Расулас ﷺ доб мажгиталъул бокIнида лъун букIанила. Рузман къоялъ ТIагьаяс ﷺ вагIза гьабулеб заманалда мажгит цIурал асхIабзабазда рагIанила доб рохтиялъул гьитIинаб лъимадул гIадинаб гIоди. Аварагас ﷺ аскIовеги ун доб каранде къанила ва абунила: «Дуе жинца хурибги чIун гъветI бижизейищ бокьилеб, жинда пихъги балеб яги дунгун цадахъ махIшаралда ва Алжаналда букIинейищ бокьилеб?» - абун (Тирмизи). Долъ абунила: «НагIам, нагIам», - илан абун. АсхIабзабаз абунила: «Гьеб «нагIам, нагIам» щиб магIнаялда гьелъ абураб», - илан. Долъ абунила, ахираталда жиб мунгун цадахъ букIинин абун, дунял дагьаб жо букIин халги гьабун. Гьелъ Аварагас ﷺ гьеб жиндирго минбаралда гъоркь лъунила.

Гьединго хIайваназе ТIагьаясул рахIмат гIамлъиялъул мисал.

Цо къоялъ ансариясул вараниялъул гIамал квешлъула. Гьединаб мехалъ гьелъ чи чIвала ва чанго чIахIи-чIахIиял заралал гьарула. Доб варани Аварагасде ﷺ бортанила ва Авараг ﷺ данде анила. Расуласда ﷺ цебе щведал, эбелалда цебе лъимер гIадин, гIодоб бегун чIанила, накабиги ракьалда лъун. Цинги байбихьанила гIодизе. Аварагас ﷺ гьелъул мугъалда квер бахъанила ва ццимги бахъун абунила: «Гьаб вараниялъул бетIергьан щив?» - абун. Гьаб вараниялъ диде гIарз бахъулеб буго, бетIергьанас жиб къечезеги бакъизеги гьабулеб буго», - ян. Гьеб вараниялдацин ватичIо Аварагасдаса ﷺ жинда гурхIулев ва гьесдаса жиндие керен гIатIидав инсан.

Гьелда лъана чанги къурайшиязул мушрикуназда лъачIониги, хIакъикъаталда гьев вукIин рахIматалъул авараг ва махIшаралда киналниги умматал жинда аскIоре унев ШафигI.

Абу-Давудил «Сунаназда» буго, Аварагас ﷺ хIежги гьабун, варанаби хъолеб заманалда гьесда аскIоре варанаби рачIине лъугьанила, «дун хъве, дун хъве», - йиланги ахIулаго. Гьезул мурад букIана жал Аварагас ﷺ къурбаналъе хъвеялдалъун тIадегIаналлъун лъугьин.

Имаму Бухарияс «СахIихIул Бухариялда» бицараб хIадисалда буго Авараг ﷺ Абубакр-асхIабгун, ГIумар-асхIабгун ва ГIусман-асхIабгун УхIуд мегIералде рахараб мехалъ, эбел аскIой щвараб мехалда лъимер бохулеб гIадин, доб мегIералъеги бокьанила жиндирго рохел загьир гьабизе ва гьеб лъугьанила сородизе. Аварагас ﷺ абунила: «Мун чIа. Дуда тIад вуго Авараггиﷺ сиддикъги ва кIиго шагьидги (шагьидаллъун хвезе ругел ГIумар-асхIабги ГIусман-асхIабги)», - абун.

 

ГIадамаздехун кинаб рахIму Аварагасул букIараб?

Цо къоялъ мажгиталда жанив асхIабзабигун цадахъ Авараг ﷺ вугеб заманалда хъизан гьабичIев гIолохъанчи вачIана гьезда аскIове ва абуна: «Бичасул Авараг ﷺ, дуца дие зина гьабизе изну кье», - йилан. АсхIабзаби квешго ралагьула гьесухъ. Аварагас ﷺ абуна гьев унтарав чи вугин, живго теян. АскIовеги ахIун Аварагас ﷺ гьикъана:

«Дур эбел йигищ? Дуе бокьилищ эбелалъе зина гьабизе», - ян.

«Бокьиларо», - ян абуна дос.

«Дур яц йигищ? Гьелъие зина гьабизе бокьилищ дуе?»

«Бокьиларо», - ян абуна гьес.

Гьедин киналго тухумалъул чагIи рикIкIана Аварагасﷺ ва гьедин цогидазеги бокьуларин абуна. Цинги Аварагас ﷺ гьесул каранда кверги лъун абуна: «Аллагьумма тIагьгьир къалбагьу» – БетIергьан Аллагь, Дуца гьесул ракI бацIцIад гьабе, «ва хIасин фаржагьу» - Дуца гьесул гIавратги цIунеян. Цинги дов сахIабияв къватIиве уна. Гьев Аварагасде ﷺ аскIове вачIун вукIана зинаялде гIащикълъун, зинаялдаса рихараб жо жиндие щибго гьечIеб хIалалъ нахъеги уна.

ХIакъикъаталдаги Авараг ﷺ вукIана, цохIо бусурбабазе гуревги, жалго мушрикуназецин рахIматлъун. Чан мушрикунас Аварагасе ﷺ гIакъуба кьураб, зулму гьабураб? АсхIабзабаз абун буго Аварагасдехунги ﷺ руссун: «Бичасул Авараг, дуца нагIана щай кьолареб гьел къурайшиязе?» - абун. Аварагас ﷺ абуна: «Ана лам убгIас лагIгIанан» – Жив Аллагьас нагIанаби кьолевлъун витIичIила, «иннама бугIисту рахIматан мугьтатан» – Аллагьас ﷻ жив витIанин халкъалъе рахIматлъун.

Аварагас ﷺ аскар рагъул майданалде битIулеб заманалда абулароан: нужеца чIвайин, нужеца бахъейин, нужеца къуват бихьизабейин, гьес абулаан гьелъул гIаксалда. Аскар битIулелъул абулаан нужеца рагъ гьабейин Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун, нуж Аллагьасул ﷻ баракаталдалъунги айин, гьитIинаб лъимерги нужеца чIвагейин, чIужугIаданги чIвагейин, херав чиги чIвагейин, гъутIби къотIун пасалъиги гьабугейин, нужеца гьел жалго тейин, щибго зулму нужеца гьездехун гьабугейин абун. Нилъеда Авараг ﷺ вихьула рагъда вугониги, рахIматалъ жив цIуравлъун. Гьеб ккана асхIабзабаз Аварагасул ﷺ сулук (нух) хIалтIизабиялъе сабабги. Аварагас ﷺ асхIабзабазе тана берцинал ахлакъал, (тIабигIат-гIамалал) жидедалъун асхIабзабаз кинабниги гIаламалдаго тIад кверщел батарал, жидедалъун инсанияталда зулму гьабуларел, гIаксалда, жидеца инсаният тIегьазабулел.

 

СалихI Ибрагьимов

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...