Аслияб гьумералде

Аварагасул гьижра

Аварагасул  гьижра

Къурайшияз, Аварагасеги ва тIоцебе иман лъурал бусурбабазеги кинаб захIмалъи ва гIакъуба гьабулеб букIараб?

Къурайшияз жидедаго бажарараб заралалъул щибго жо гъоркь течIо Аварагасе ва гьесда нахърилълъаразе гьабизе. Гьез загIипго рукIарал бусурбабазул цоял рухана, цоял чIвана, цо-цоял ракъизаруна, цоцоял бецлъизаруна, цо-цоязда багIаризеги гьабун махх цун гьанал тIом бухIизабуна, цо-цоял бухIараб салул авлахъалдаги регизарун, кIудияб гамачIги тIад лъун, къоялъ бакъукь гIазабалда чIезаруна, гьез Исламалдаса инкар гьабизе гIоло.

Аварагасдаги гьез гьерсихъан, палихъан, кочIохъан, сихIручи, жундуца ккурав чи абун тIокIцIарал лъуна. ТIадеги кIанцIун гьев гъанкъизе хIал бихьана, щибаб тухумалдаса къуватал гIолохъаби ракIарун цадахъго тIаде кIанцIун гьев чIвазе къасдал гьаруна. Хъураб вараниялъул ургьимес, КагIбаялда аскIов какилъ, суждаялда вукIаго гьесда тIаде рехана.

Гьевги гьесул гIагарлъиги, гьесда иман лъурал гIадамалги шагьаралдаса къватIиреги гъун АбутIалибил колода лъабго соналъ чIезаруна, дармил ва ригьин-цIаялъул хурхеналги къотIизарун захIматаб хIалалда. Аварагасги гьесда иман лъуразги кинабго хIехьана Аллагьасул диналъе гIоло.

Гьижра щиб жо кколеб? Гьеб гьабиялъе гIилла щиб?

Исламалда жаниб гьижра кIиго батIияб буго: цояб ккола жив вугеб ракьалда Исламалъул гIаламатал загьир гьаризеги, дин гьабизеги капурзабаз рес кьечIеб мехалъ дин гьабизе рес щолеб бакIалде Аллагьасеги диналъеги гIоло гочин. Масала, Маккаялдаса ХIабашаталде кIиго нухалъ асхIабзабаз гьижра гьабураб гIадин, гьединго Аварагасги , гьесул асхIабзабазги Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабураб гIадин. Гьелдаса хадубги хIакъаб дин гьабизе толареб бакIалдаса гьеб гьабизе толеб бакIалде гьижра гьаби тIадаб буго. КIиабилеб гьижра ккола, квешал гIамалалги рехун тун, лъикIал гIамалазде вуссин.

Мадинаялда ислам кин тIибитIизе байбихьараб?

Свалат-салам лъеяв Аварагас жиндирго рахъ кколел гIадамал цIехолел рукIана Макка тун къватIирехунги. Гьединлъидал гьес хIежалде рачIарал Мадинаялъул агьлуялъул анлъго чиясда дандчIвай гьабуна. Гьес гьел Исламалде ахIана ва гьезие Къуръаналъул аяталги цIалана. Аварагас гьезда Ислам тIибитIизабиялъе кумекги гьарана.

Гьезда гьев Аллагьасул Авараг вукIин якъинго лъана, Мадинаялда ругел ягьудияз Таврат-Инжилалдаса росун рицунел рукIарал гIаламатаздалъун. Гьез Ислам къабул гьабуна ва тIасияб соналъги гьесда дандчIвай гьабизе хIукму ккана. Мадинаялде тIад руссун хадуб гьез жидерго къавм Исламалде ахIана.

Мадинаялда ислам тIибитIизе байбихьана. ТIасияб соналъ Мадинаялдаса Аварагасулгун дандчIвай гьабизе гьезул анцIила кIиго вакил вачIана. ГIакъбаталда гьезулгун Аварагас r къотIикъай гьабуна. Гьез гьа бана ширкги цоги мунагьалги рехун тезе. Аварагас гьелгун цадахъ Мадинаялъул агьлуялда иман-ислам бичIчIизабизе ГIумайрил вас МусгIаб витIана. Хадусеб соналъ кIиабизе Аварагасулгун къотIи-къай гьабизеги рачIана гьел. Гьеб мехалъ Мадинаялда Ислам тIубанго тIибитIун букIана.

Кинаб дандчIвай гьабураб Аварагасда Мадинаялъул халкъалъ?

ЦIакъ рохалилаб дандчIвай гьабуна. Гьел гьесда данде шагьаралъул рагIалалде рахъана, гьесие сайгъат гьарурал мавлидал, назмаби ахIана. Ккун чIолохъжогун Аварагасул варани шагьаралда жанибе бачана. Шагьаралдаса унаго гьезул щивас Авараг жидехъ рещтIине бокьи загьир гьабуна ва гьев адаб-хIурматалда къабул гьавизе хIадурун рукIана. Амма Аварагас гьезда абуна гьаб дир вараниялда чIезе кколеб бакI Аллагьас бихьизабун бугилан. Варани Абу-Аюб Ансариясул рукъалда цебе чIана ва Авараг гьесул рокъов рещтIана. («РахIикъул-махтум», гьум. 259).

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...