Аслияб гьумералде

ГIарабазул тухумал цолъизари

ГIарабазул тухумал цолъизари

Аварагас батIи-батIиял тухумазул руччаби рачиналъе гIилла щиб букIараб?

Гьелъул хIикмат букIана, батIибатIиял тухумал цолъизариги гьезулъ Ислам тIибитIизабиги ва гьездалъун Ислам щулалъизабиялъул мурадалда, руччабазда хурхарал шаргIиял хIукмаби гьезул кумекалдалъун халкъалда гьоркьор тIиритIизариги ва гь. ц.

Гьел руччаби рачана БетIергьанасул амруялдалъун. Исламалъул тушбабаз абулеб гIадин гьел руччабазда хадув лъугьарав чи вукIиналъ гуро рачарал. («Ар-РахIикъуль-махтум», гьум. 726).

Гьал руччаби Аварагас рачиналъулъ ислам цебетIезабиги, тухум-кьалбал цолъизариги, рукъалъул жанисел ишазда хурхараб гIелму халкъалъухъе щвезаби гIадал маслихIаталги хIикматалги рукIана. Исламалъул тушбабаз абухъе чорхол гьава гIорцIизабизе яги шагьватазда нахъвилълъун Хирияс цониги чIужу ячинчIо. ГIемер ругониги Хириясул гьел хьихьизеги, гьезда гьоркьоб гIадлу цIунизеги, гьел рази гьаризеги дунялалда лъиего кьечIеб гIадаб гьунарги къуватги кьун букIана.

Гьел киналго жалгоги Хириясул руччабилъун рукIиналдаса талихIалги рохаралги рукIана. Дунялалда ругелщинал руччабазе щваралдаса гьезул щиялъе щвараб талихIги цIикIкIараб букIин гьел хириял руччабазда киназдаго бичIчIулебги букIана.

Чияр руччабазда кверцин хъвачIого гIолохъанаб гIумруги бацIцIадго цIунарав, цебеккун чIужу ячине ресги букIаго 25 сон бан хадуб гурони чIужуги ячинчIев, гIолохъанай чIужу ячине ресги букIаго жиндаса гIемер кIудияй Хадижатги ячун, гьелде тIадеги руччаби рачине ресги букIаго 25 соналъ гьелде тIаде цоги чIужуги ячинчIев, чорхол шагьват нахъбуссунеб ригьалде, ай 50 соналде вахун хадуб гурого цогидал руччаби рачинеги байбихьичIев, руччаби гIемер рачаниги, щибаб сардилъ тIадеги вахъун хIатIал гьорозегIан ТIадегIанав Аллагьасе гIибадатги гьабулев вукIарав, ратIлилъ, кванилъ, чIолеб рукъалъулъ, руччаби хьихьиялъулъ гIадатияв мискинчиясул гIумруялдаса тIаде рес бугониги гIумру бахинеги течIев, шаргIиял къанунал, хIукумат гIуцIи, рагъул (гъазаваталъе) цевехъанлъи гьаби, ислам тIибитIизаби, Аллагьасде халкъ ахIи, гIадамазул хасиятал къачIай, кинабго цадахъ бачарав, гIаламалъулго хирияв, халкъалъулго кIудияв, Аллагьасулги бищун вокьулев, тIолабго гIаламалъе рахIматлъунги Аллагьас витIарав хирияв Аварагасул хIакъалъулъ, нафсалъулги, гьаваялъулги, шагьваталъулги тIалабал тIуразарулев чи вукIанилан абулев чи ккола жиндирго гIаданлъиги, яхIги, намусги хIатIикь мерхьарав, жиндирго гIакълу жинцаго ахIмакълъиялъул рощнол гъуниялде рехарав, роцIцIараб матIуялъуса бихьулеб жиндирго коцокъаб сураталъухъги балагьун, дур коцокълъиго щибан гаргадулеб маймалакалъул мисал бугев чи.

Гьединго, канаб бакъухъ, цIураб моцIрохъ балагьун дандеги буссун хIапдолеб таращ. Гьединаб маймалаклъунги таращлъунги ватун вукIаравани живилан, кидаго гIодулев вукIиналдаса гьединав чиясе лъикIаб жоги гьечIо.

ХIабиб МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...