Аслияб гьумералде

Нужецаги битIе...

Нужецаги битIе...

Нужецаги битIе...

Махлукъатазда гъорлъ Аллагьас ﷻ хира гьавуравлъун ватаниги, рекъараб лага-щваталда вижун, гIакълу кьун тIадегIан гьавуравлъун вугониги, инсанасда бажаруларо Бичасул аварагасул ﷺ хIакъикъат тIубанго лъазе. КигIан цIакъ рекъараб мисал бачаниги, гьайбатал дандекквеял гьаруниги, кинабго рахъалъан аварагасул ﷺ бугеб тIубараб камалат цебе чIезабун бажаруларо. Дунялалъулго ралъадал гьитIинабго хъабаялъуре гьинаризе кIоларебго гIадин, Аллагьасул ﷻ расуласул ﷺ нуралъул кинабго гвангъи бихьизе инсанасул канлъиялъул къуват гIоларо.

 

Хирияв МухIаммад ﷺ аварагасул ишалъул тIадегIанлъи бихьизабулел жал цIакъго гIемерал руго. Гьезул цебесеб кьерда буго гьаб хадуб рехсараб. Жиндир къадимияб калам Къуръаналда БетIергьан Аллагьас ﷻ абун буго: «ХIакълъунго, Аллагьас ва гьесул малаикзабаз салават битIула аварагасде. Я, гьал иман лъурал чагIи, нужецаги битIе гьесде салаватги саламги». (суратул «Ал-АхIзаб» 56 аят).

Жив цогояв, авал-ахир гьечIев хан, кинабго махлукъат жинца бижарав, сундаго хIалкIолев халкъалъул магIбуд, лъидего хIажат кколарев тIадегIанав Аллагьас жинцаго салават битIулеб буго жинца вижарав, жиндир махлукъаталде. Гьеб буго нилъер авараг ﷺ Аллагьас ﷻ кигIан цIакъ хира гьавун вугебали нилъеда бихьизабулеб кIудияб хIужа. Расуласде ﷺ салават нужецаги битIеян гIадамазде хитIаб буго аяталда жаниб. Пикру гьабе, гьеб хитIаб гьабилелде цебе, салават битIиялъулъ гIадамазе мисаллъун тIоцеве Аллагь ﷻ живго чIана, хадур малаикзабиги чIезаруна.

Гьеб хIалалда кIвар кьун живго БетIергьанас ﷻ гIадамазда жинде салават битIизабулев. Зобал, ракьал цIурал малаикзабазги жинде салават битIулев. Азалалдаго салават Живго Аллагьасги ﷻ битIарав Авараг ﷺ кинав чи вукIунарев. КигIан тIадегIанаб даражаялде Аллагьас ﷻ гьев ﷺ вахинавун вугев. ТIад ургъанагIан хIайранлъизе бачIуна.

Аварагасул ﷺ берцинлъи щивав чиясда жиндир макъамалда рекъон бихьула. Макъам тIадегIанлъарал вализабазда, Аллагьасде ﷻ гIагарлъараб агьлуялда бихьулеб гьесул ﷺ гьайбат нахъа ругезда бихьуларо. Амма кигIан тIадегIанги вахун МухIаммад ﷺ аварагасул цIикIкIарал манакъибал рихьаниги, гьезда хадурехунги жеги цIикIкIа-цIикIкIарал хиралъаби, тIокIлъаби рукIуна. ТIубанго гьел лъан инсанасда бажаруларо.

 

ХIабиб ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...