Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо-цо суалал

Аварагасул ﷺ черхалъул берцинлъиялъул бице.

ТIадегIанав Аллагьас гьесдаса сипат-сурат берцинав инсан цониги вижичIо. Абугьурайратица абуна Аллагьасул Расуласдаса ﷺ берцинав чи жинда вихьичIин, гьесул гьурмада жаниб бакъ хьвадулеб гIадинаб нур букIанин. Гьев вихьараб мехалъ цебе бугеб къед гвангъулеб букIанилан. Абу Гьалатицаги абуна гьесул гьумер цIураб моцI гIадин гвангъараб букIанилан. Гьев кIалъалаго цабзазда гьоркьоса нур бачIунеб бугилан кколаан.

Цо шагIирасги хъвана гьадинаб магIнаялъул рагIаби: «Аллагьас мун киналго гIайибаздаса вацIцIадавлъун вижана. Дудаги цIехон мун дуего вокьухъе вижарав гIадин», - абун. Цогидасги абуна: «Дир бераздаги вихьичIо, цогидазул бераздаги вихьичIо Аллагьасул РасулгIан берцинав чи», - абун. Гьев вукIана гвангъараб гьумералъул, хъахIаб кьералъул, авараглъиялъул нур гьурмалъ загьирлъулев. Гьоркьохъеб, халатккараб черхалъул.

Черх къуватав, гъуждул рицатав, кIигъуждулъа гIебав вукIана, берцинал, чIахIиял, чIегIерал ясберал ругев вукIана, ботIрол, михъ-мегежалъул рас чIегIерав, мегеж ризав вукIана. Аллагьас Юсуф аварагасе бащдаб берцинлъи кьун букIана, амма МухIамммад Аварагасе ﷺ тIубараб берцинлъи кьун букIана, амма гIадамазда хIехьезе кIоларелъул, гьесул берцинлъи кIодолъиялъ бахчараб букIана.

Авараглъи кьезегIанго Аварагасулъ ﷺ рукIарал берцинал тIабигIатазул бице.

ГьитIинаб къоялдасаго гьев жагьилиял гIадамазул квешал гIадатаздаса цIунарав вукIана. Гьес кидаго битIараб гурого бицунароан. Кинабго ишалъулъ ритIухълъи гьесул бихьун, къавмалъ гьесда Амин, ай божарав, хиянат гьечIев МухIаммадилан абулаан. Къо ккарасе гьес квер бакъулаан. Зулмуялъулъ ккарав зулмуялдаса ворчIизавулаан, халкъалъе пайда бугеб гIадлу гьабулеб мажлисазулъ гIахьаллъи гьабулаан.

Лъимерлъуда вукIаго ХIалиматица керен хахизабулеб мехалъ цояб керен жиндир рахьдал вацасе толаан. Балугълъилелдего захIмат баччун жиндиего ризкъи тIалаб гьабулаан гьес. Авараглъи кьезегIанго жиндир къавмалъе гьев цIакъ вокьулаан, гьес гьабураб хIукмуялда гьел разилъулаан. Гьес лагълъун вукIарав Зайд тархъана, инсул вац лъимал гIемерав мискинав вукIун гьесул вас ГIали жиндирго рокъовеги вачун хьихьана. Гьес абулаан жив лъикIал, берцинал гIамалал камил гьаризе витIарав вугилан.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...