Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Аварагасул гIумруялдаса суалал

МухIаммадидаги цогидал аварагзабаздаги гьоркьоб щиб батIалъи бугеб?

Цересел аварагзаби ритIун рукIана хасал халкъазухъе, хасаб заманалда. МухIаммад авараг витIун вуго, ахирисев авараг хIисабалда, кинабго инсанияталде. Цересел шаригIатал гьесул шаригIаталъ къинаруна, гьесул шаригIат къей ва ахир гьечIеб буго.

Аварагасухъе тIоцебе вахIю кин рещтIараб ва гьеб рещтIун хадуб гьесие щиб ккараб?

ТIоцебе свалат-салам лъеяв Аллагьасул Расуласда ритIухъал макьаби рихьизе байбихьана. Гьесда бихьараб щибаб макьуги рогьалил хъахIлъи гIадин мухIканго лъугьунеб букIана. Цинги гьесие халват бокьизабуна. Гьес ХIираалъул нохъодеги ун, гIибадат гьабун, сардал рорчIулел рукIана. Цинги Рамазан моцIалъ ХIираалда, халваталда, зикру-гIибадаталда вукIаго, гьесухъе вачIана ЖабрагIил малаик Аллагьасул вахIюги босун ва абуна «Икъраъ» абун. Гьес абуна дида цIализе лъаларин абун.

Аварагас бицана: «Цинги дун малаикас ккуна ва данде къана, дие кутакалда захIмалъизегIан. Гьес виччана ва цIалеян абуна. Дица абуна цIализе лъаларин. Гьес дун кIиабизеги, лъабабизеги данде къана, цинги виччанги тун, дие цIалана суратул «ГIалакъалъул» цересел аятал. Гьеб кинабго ракIалдаги чIана», - ян.

Гьениса Авараг нахъвуссана ракIги сородулаго. Гьев ана Хадижатихъе ва гьес абуна: «Дида тIад партал жеме, дида тIад партал жеме», - ян. Гьелъ гьесда тIад партал жемана ва цинги гьев гьенив чIана хIинкъи тIаса инегIан. Гьес Хадижатида ккараб бицана ва абуна, жив жиндиего цо жо ккеялда хIинкъун вугин. Хадижатица абуна хIинкъугейин, дуе щибго ккеларин. Аллагьас мун басра гьавизе гьечIин.

Дуца гIагарлъиялъулгун бухьен гьабулин, балагьизе чи гьечIесул къварилъи борхулин, гьечIесе кьолин, адабалда гьалбал къабул гьарулин ва ккараб бакIалда хIакъаб ишалъе квербакъулин. Хадижатица гьев жиндирго вацгIал Навфалил вас Варакъатихъе вачана. Гьелъ гьесда абуна: «Я, дир вацгIал, гьав дур вацасул васас (МухIаммадица), (вацасул василан абиялъе гIилла буго херав Варакъатида дандеккун МухIаммад Аварагги гIолохъанав вугелъун, гIарабиязул гьедин абулеб гIадат букIун) бицунеб жоялъухъ гIинтIаме», - ян.

МухIаммадица гьесда бихьараб бицана. Цинги Варакъатица абуна: «Гьев духъе вачIарав чи Мусахъеги вачIунев вукIарав Намус (ЖабрагIил малаик) ккола. Огь, дун къуватав, гIолохъанавгIаги вукIаравани, огь, дун чIаго хутIулевани, дур къавмалъ мун Маккаялдаса къватIиве гъолеб мехалъ дуе кумек гьабизе», - абун.

Аллагьасул Расулас гьес абуралда гIажаиблъиги гьабун, абуна: «Дир къавмалъ дун Маккаялдаса къватIивейищ къотIизе вугев?» - ян. Варакъатица абуна: «Мун жиндалъун вачIараб гIадинаб жоялдалъун вачIаравщинав чи, цониги хутIичIо къавмалъ тушманлъи гьабичIев», - абун. («Фикъгьу сирати-ннабавиягь»)

Аварагасул исламалде халкъ ахIи чIезабизе гIоло мушрикиназ гьесул инсул вац АбутIалибида цере кинал суалал лъолел рукIарал ва гьес кинаб жаваб гьабураб?

Къурайшиязда бихьана церехун жидеца гьарурал хIалтIабаз хIасил кьечIеблъи ва МухIаммадица цебеялдаса цIакъ динги тIибитIизабулеб букIин ва гьесул рахъ АбутIалибицаги кколеб букIин. Гьелъул магIна букIана АбутIалиб хIадурав вугин къурайшиязулгун тушманлъи гьабизе МухIаммадил рахъги ккунин абураб. Гьелда тIад ургъулаго гьез хIукму гьабуна АбутIалибихъе хьвадун, гьев жиндирго пикруялдаса вуссинавизе.

ТIоцебе гьез АбутIалибида абуна дурги нижерги дин цо бугелъул, дуца гьев вас хъанчал какиялдасаги, умумузул диналде гIайибал чIваялдасаги, ниж какиялдасаги чIезавеян абун. Гьеб тIубачIеб мехалъ, гьел кIиабизеги АбутIалибихъе рачIана, бищунго гьайбатав васги вачун, гьес хъанчал каки толеб гьечIелъул, гьев нижехъе чIвазе кьейин, нижеца гьесул бакIалда дуе васлъун вукIине къурайшиязда гьоркьоса бищун гьайбатав гьав вас кьелинги абун. АбутIалибица гьелъиеги жаваб кьуна нужер вас хьихьизе дихъеги кьун, дир вас чIвазе нужехъе кьей букIунеб жо гурилан.

Аварагасда нахърилъине гIарабиял хIинкъана жидехъа тIадчилъиги гIадал дунявиял ишал нахъе инин

Лъабабизеги къурайшиял рачIана тIубанго АбутIалибидехун тушманлъи рагIизабизе. Гьеб гьесда цIакъ захIмалъана ва Аварагасда абуна: «Мун дида щай гурхIуларев, дуца гьеб хIалтIи тун лъикI, гурони гьаз дие рахIат тезехъин гьечIо. Бокьани гьез дуе бечелъи, ханлъи яги цоги дуца абураб жо кьезехъин буго», - ян. Аварагасда ракIалде ккана АбутIалибица жив тIокIалъ цIунизехъин гьечIилан.

Гьесул ракI къварилъана, бадиса магIу чваххана ва гьедизеги гьедун абуна: «Гьез дир кваранаб квералда тIад бакъги лъунани, квегIаб квералда тIад моцIги лъунани, дица гьабулеб иш тезе гIоло, гьеб иш дица тезе гьечIо. Яги Аллагьасул дин тIибитIизабизе буго яги дун хвезе вуго», - йилан. Аварагасухъ гIенеккидал АбутIалибил ракI къварилъана, гьесда гурхIана ва абуна: «Дуца дурго иш рехун тоге, цебе баче, дун дуе хIажаталъув кумекалъе хIадурав вуго», - ян.

Байбихьуда Маккаялъул агьлуялъ Ислам къабулги гьабичIого, къватIисел гIадамаз гьеб къабул гьабиялъул хIикмат щиб?

Маккаялъул къурайшияз, хасго Аварагасул гIагарлъиялъ бачIинахъего Ислам къабул гьабун букIарабани, цогидал гIарабияз абизе букIана, Аварагасул гIагарлъиялъеги Маккаялъул мушрикиназеги Аварагги Расулги абураб цIаралда гъоркь МухIаммадги вахчизавун, багьанаде цIияб динги ккун, сверухъ ругел гIарабиял кодоре росизе, гьезда тIад ханлъи гьабизе бокьун бугилан.

Гьединго маккаялъулазе гIемераб гIарац-месед щолаан гIадамазе жидерго хъанчал КагIбаялда жанир ва сверухъ лъезе риччаялдалъун. Гьел хIинкъана бацIцIадаб дин бачIиндал, гьебги ва гьединго тIадчилъиги жидехъа нахъе иналда. Гьелъ ТIадегIанав Аллагьас байбихьуда гьев ккуна, гьесул динги тIибитIизабуна къватIисел гIадамаздалъун, ай Мадинаялъул ансараздалъун.

Кинаб дандчIвай гьабураб Аварагасда Мадинаялъул халкъалъ?

ЦIакъ рохалилаб дандчIвай гьабуна мадинаялъулаз. Гьел гьесда данде шагьаралъул рагIалде рахъана, гьесие сайгъат гьарурал мавлидал, назмаби ахIана. Ккун чIолохъжогун Аварагасул варани шагьаралде бачана. Шагьаралдаса унаго гьезул щивас Авараг жидехъ рещтIине бокьи загьир гьабуна ва адаб-хIурматалда къабул гьавизе хIадурго рукIана. Амма Аварагас гьезда абуна гьаб дир вараниялда чIезе кколеб бакI Аллагьас бихьизабун бугилан. Варани Абу-Аюб Ансариясул рукъалда цебе чIана ва Авараг гьесул рокъов рещтIана.

(«РахIикъул-махтум»).

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...