Аслияб гьумералде

Авараг ﷺ Мадинаялде гочин

Авараг ﷺ Мадинаялде гочин

Авараг ﷺ Мадинаялде гочин

Аварагас ﷺ бусурбабазе Мадинаялде гочине изну кьедал, гьез байбихьана Макка тезе. Гьенив хутIана цохIо Авараг ﷺ, Абубакар, ГIали ва мушрикуназ зулмуялда ккун чIезарурал ва загIипал бусурбаби. Абубакар ва ГIали хутIана Аварагасул ﷺ амруялдалъун.

 

Хъизан-лъималгун цадахъ киналго бусурбаби Мадинаялде къокъине лъугьиндал, мушрикиназда бичIчIана гьезие цIуни щвараблъи ва Аварагасги ﷺ Макка тезе букIин ва гьесул рахъалъан хIинкъи цIикIкIине букIин. Гьелъ гьел ургъана щибдай гьабилаян ва хIукму ккана щибаб тухумалдаса лебалав, къуватав гIолохъанчиги вачун, гьезухъе хвалчабиги хучдулги кьун, киналго Аварагасде ﷺ тIадеги кIанцIун, гьев чIвазе. Гьесул би киназдего бикьун, ГIабдулманафил лъималазда рецIел босизе кIвечIого букIине.

Гьенир гIахьаллъаразда гьоркьов вукIана Наждалъул херав чиясул сураталда шайтIанги, гьелъие гьеб пикру рекIее гIуна ва гьелгун рекъана. Аллагьасул къадар батIияб букIана. Аварагасе ﷺ Аллагьасдасан гьев жиндихъ гIемер балагьун чIун вукIараб изну щвана Мадинаялде гьижра гьабун ине. Гьеб рохалил хабар гьес Абубакар-асхIабасда бицана ва кIиясго къотIиги гьабуна къаси балъго Маккаялдаса рахъун, шагьар тун къватIир данделъизе

Аварагасухъе ﷺ вачIана ЖабрагIил малаик ва абуна: «Гьаб сордоялъ къаси мун дурго бусада вегуге», - ян. Аварагас ﷺ ГIалиде амру гьабула жиндир бусада вегаян, ХIазрамавталдаса бачIараб гIурччинаб плашалда гъоркь вахчеян. Къурайшиязул чанго гIолилав вукIана Аварагасул ﷺ рукъги сверунккун, гьев чIвазейилан чорокал ниятазда.

Авараг ﷺ абуни къватIиве вахъуна ва хъат цIураб ракь гьезде тирщула, Къуръаналдаса «Ясин» сураталъул аятги цIалулаго. Гьелдалъун гьел Аллагьас гъапуллъизарула ва Аварагги ﷺ, щибго квалквал ккечIого, къватIиве уна. Авараг ﷺ шагьар тун къватIиве ун вукIин лъайдал, мушрикинал гьев цIехон къватIире рахъана.

Аварагги ﷺ Абубакарги щола Савр нохъоде ва гьенир рахчула. БачIун нусиречалъ гьениб бусен гьабула. Гьезул ГIабдуллагь ибн Урайкъатилгун къотIи букIана лъабго къойидаса Савр нохъода данделъизе. Къурайшиял гьеб нохъодул кIалтIе щведал, Абубакарица абула: «ЦоявгIаги гьанивехун балагьани гьезда нилъ рихьилаха», - ян. Гьелъие жаваб гьабун Аварагас ﷺ абула: «Щиб дуда ракIалде кколеб кIигоясул хIакъалъулъ, жидер лъабабилев Аллагьги вугев», - абун.

ГIумар бин Сухайра вукIана гьеб нохъода гIагарлъухъ Абубакарил гIи хьихьун. Гьес Маккаялдаса цIияб хабар гьезухъе щвезабулаан. Лъабго къоялдаса Аварагги ﷺ Абубакарги къватIире рахъана ГIабдуллагь бин Урайкъатица нухги бихьизабулаго. Къурайшияз жеги чIезе тун букIинчIо гьел ралагьи ва гьел ккуразе нусго варани кьезе къотIиги букIана гьезул.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...