Аслияб гьумералде

ГIабдулхIамид-афанди

ГIабдулхIамид-афанди

ГIабдулхIамид-афанди
Ислам щула гьабизе
ШаргIалъул нур гIадинав,
ГIабдулхIамид-афанди
АхIизин назмуялда.
Иман камиллъиялъе
Каву жинца рагьарав,
Кинабго гIаламалъе
ГIелму жиндир загьирав.
ЗахIматаб заманаялъ
Зулмуялъ дин гьукъидал,
Гьелъул жагъаллъи ккечIев
Накъщубандияв Устар.
ГIамалгин хасияталъ
Халкъалъул рокьи ккарав,
ТIолго устарзабаца
Ирсилавлъун рикIкIарав.
ТIагьаясул нухалде
Халкъал жинца ахIарав,
ХIабибасул суннатал
ХIалтIизарун хьвадарав.
ХIалалаб гуронани
Ургьибе квен биччачIев,
Капурлъиялъ гьукъунан
ТIарикъат жагъаллъичIев.
Макъам камиллъиялъул
Киналго хIокIал тарав,
ХIасан-афандиясухъ
ТIарикъат байбихьарав.
ТIолго гьелъул камиллъи
ХIумайд-афандихъ щварав,
Щвараб тIарикъаталъул
ТIалабал камиллъарав.
ГIуриса Устарасги
ГIариф-афандиясги,
Устар вугин мунилан
Тасдикъ гьавун вачIарав.
ГьитIинаб къоялдаса
Къуръан-хIадис цIунарав,
ХIалимлъиги гурхIелги
Халикъас жиндий кьурав.
Жиндирго рацIцIалъиялъ
ЦIвалъун диналъе ккарав,
БацIцIадаб гIибадаталъ
ГIалимзаби мукIурав.
КьучIаб исламалъул нур,
ТIарикъаталъул къутIбу,
Дур баракат щвелилан
Щун ругин зияраталъ.
Муридазде къо щведал
Къаданив чIун ватарав,
Къиямасеб къояца
Къай дуца нижги цадахъ.
Шайих ГIабдулхIамидил
ХIакъаб тIарикъаталъул,
ТIолго бусурбабазе
Сайигъат щваги, Аллагь!
Щулияб исламалъе
Дагъистан цIунаразулъ,
ЦIвалъун мунги хутIана,
Халикъасул баракат.
Дуде бугеб гIищкъуялъ
Бераз магIу кколаро,
Ккве, Устар, нижги цадахъ
Дуца шапагIаталъе.
Аллагьасул къадар щун
Къаникь мун вукъаниги,
Къойил нижеда хьолбохъ
Бахъун хвалченгун вугев.
ХIабибасул нур гIадав,
ГIелмудал ралъад гIадав,
ГIабдулхIамид-афандий -
Аллагь щваги баракат.
Гьаре, Аллагь, ниж гIагар
Дуца гIибадаталде,
ГIелмуялъул нухалде,
Халикъасул нуралде.
Къабул гьабе зиярат
ЗагIипал лагъзадерил,
ТIад Инхобе бухьараб -
Устарасул хабаде.

ГIиса Шарапудинов, Гумбет район, Игьали росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...