Аслияб гьумералде

СагIид афандигун вукIана

СагIид афандигун вукIана

1977 cоналда Воронежалъул МЧСалъул училище лъугIун хадуб дун Дубкиялъул цIа свинабулезул отрядалъул начальниклъун тIамуна.

Гьенив цоабилеб караулалъул боецлъун хIалтIулев вукIана Ацаев СагIид. Эркенаб заманалда Къуръан цIалулел рукIунаан гьевги цокIиго чIикIасевги. Коммунистазул заман букIиндал, тIаде рачIарал хIакимзабазда рихьичIого рукIине, цо чIобогояб бакIалда, бацIцIун - чурун , гъоркь тIансаги тIамун, парахат гьаруна.

Цо заманалдасан, гьезул смена бугеб къоялъ вачIана МЧСалъул начальник, полковник Муталимов. Депоялда жаниб свери бахъулаго тIаде ккана гьезде. Гьал щалин гьикъидал, дица абуна лъай цIикIкIинабулел боецал ругин. ГIарабазул хIалбихьийищ гьаз лъазабулеб бугебиланги абун, полковникги ана. Гьесда бичIчIана гьеб исламияб диналда хурхараб букIин.

МахIачхъалаялда, лъагIалил хIисаб кьолеб коллегиялда, полковник кIалъана Расуловасул цIа свинабулезул депоялда мажгит рагьун бугоанин. Жакъа какги ахIун, гIибадат гьабулеб бакIлъун лъугьун буго Дубкиялъул цIа свинабулезул депо. Гьари къабулав чи вукIун вуго Хасавюрталдаса (1977 сон) Госпожнадзоралъул капитан Шихабов Шихаб.

МАХIАМАД РАСУЛ РАСУЛОВ МИЯКЬОБ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...